Аслияб гьумералде

Исламалъул кIиабилеб далил

Исламалъул кIиабилеб далил

Къуръан ккола жиндаса хIукму босулеб ва жинда нахърилълъунеб тIоцебесеб далил. КIиабилеб далиллъун ккола аварагасул ﷺ суннат. ГIалимзабаз гьелде цIакъ кIвар кьуна ва хъвана гIемерал тIахьал.

 

ХутIарал далилал - ижмагI ва гIалимзабаз рахъарал хIукмаби Къуръан-хIадисалде руссуна. Гьебги гьениса босула. ЦIакъ кIвар бугеблъунги ккола аварагасул ﷺ суннат тIубай ва гьелда нахърилълъин.

Имам Равасица абуна: «Аллагь лъарал гIалимзабаз абуна аварагасул ﷺ суннаталда гIамал гьаби кколин бищун кIудияб сабаб ладунияб гIелму щвеялъе (Аллагьасдасан щолеб гIелму). Гьелда гIамал гьабиялъ рагьула Къуръаналъул балъголъаби (Къуръан лъикI бичIчIула). Гьединлъидал аварагасул суннат ﷺ ккола Къуръаналъул хазина рагьулеб кIуллъун», - ян.

Амма ратула Къуръан гурони къабул гьабуларел гIадамалги, гьез суннат нахъчIвала. Гьелъие гIиллаги бачуна хисизабизе рес бугин аби. Гьеб мекъаб нух буго. ТIолабго исламалъул гIалимзаби тIадрекъана суннат цIунун нилъехъе щванин абун, гьелда инкар гьабизе бегьуларо.

Абу ИсхIакъ Ракъияс абуна, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ мун вокьиялъул гIаламатлъун кколин Гьесие ﷻ тIагIат гьаби ва аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилълъин.

Аварагасул ﷺ гIумру нилъеца кколеб къагIидаялъ лъазабуни ва гьелда гIамалги гьабуни, нилъее пайда щола. Жакъайин абуни нилъеда цо-цо жал гурони аварагасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ мухIканго лъалел гьечIо. ЦIалулеб жоги буго тарихалъул, маргьабазул тIахьал гIадин, щибго пикру гьабичIого, гъираги гьечIого цIалулеб. Гьелъ буго нилъее дагьаб гурони пайдаги щоларого. Щайгурелъул цебе рехсараб куцалъ ният, къасд, гъира гьечIого букIун. Гьедин баян гьабуна шайих Юсуф Набгьанияс жиндирго тIехьалда.

Абу ГIусман Нисабурияс абуна: «Аллагьгун ﷻ мун вукIине ккола берцинаб адабалда, щибаб мехалда хъаравуллъи ккун, Гьесда ﷻ мун вихьулин абун. Авараггун ﷺ цадахъ вукIин ккола суннат тIубай. Рокъов - берцинаб адабалда. Авлияалгун цадахъ - хIурмат гьабун», - ян.

Ибну ГIатаица абуна: «Жиндирго нафс суннаталъул адабалда куцарав чиясул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул ракI гвангъизабула магIрифаталдалъун (Аллагь лъаялдалъун)».

Балагьеха, кигIанасеб кIвар суннаталъул бугебали.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....