Аслияб гьумералде

Лъималаздаги малъе

Лъималаздаги малъе

Лъималаздаги малъе

 

ТIахьазда хъван букIуна лъикIаб-квешаб батIабахъизе лъалеб гIужде рахараб мехалъ, как-кIалалъул малъизегIанго лъималазда Аварагасул ﷺ гIумруялдаса къокъабго баян малъизе эбел-инсуда тIадаб бугин абун. Исламалъул тарихалде ралагьани, нилъеда батула асхIабзабаз ва гьезда хадур рачIараз гьедин гьабулеб букIараблъиги.

 

Аллагь ﷻ разилъаяв СагIду ибну Аби-Вакъас абурав асхIаб вукIунаан жиндир лъималазда Аварагасул ﷺ гIумруялъул малъулев, гьес ﷺ гьарурал гъазаватал, гьесул ﷺ аскаразул хIакъалъулъ бицунев. Гьеб малъиялдалъун жинцаги абулеб букIун буго: «Я, дир лъимал, гьаб буго нужер умумузул хиралъи, гьалъул рехсей нужеда кIочонге. Гьелъулъ нужее Аварагасул ﷺ хиралъи, камиллъи, асхIабзабазул, къурайшиязул ва цогидал гIарабазулги тIокIлъи лъай буго. Гьеб рехсеялъулъ иман къуватлъиялъе сабаб, Къуръан-хIадисалъул магIна бичIчIи, жеги бицун хIалкIоларебгIан хиралъи-тIадегIанлъиги буго», - ян.

Лъималазда малъизеги ккола гьел гьитIинго рукIаго, школалде ине байбихьулеб гIужалдасагIаги кватIизе течIого. Гьедин гьабуни, лъималаз гьеб хехго босула.

Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ гьезда малъизе ккола гьесул ﷺ эбел-инсул рахъалъан кIиябго насаб, лъимал кигIан рукIаралали, гьев ﷺ кколевлъи жив Маккаялда гьавурав, гьениса Мадиналде гочарав, вукъунги гьенивго вугев. Вижиялъул рахъалъ гIадамазул бищун камилав, дагьабго багIарлъиялде араб хъахIаб кьералъул вукIанин абун.

Гьесул ﷺ эмен ккола ГIабдуллагь, кIудияв эмен - ГIабдулмутIалиб, цинги Гьашим, ГIабдулманаф, Къусаю, Килаб, Муррат, КагIбу, Луаю, Гъалиб, Фигьр, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар, Низар, МагIад ва ГIаднан.

Эбелалъул цIар ккола Аминат, жийги Вагьбил яс, Вагьбил эмен - ГIабдулманаф, Зугьр ва Килаб. Килабилъ эбелалъулги инсулги умумул цолъула Аварагасул ﷺ.

Аварагасул ﷺ рукIана анкьго лъимер - лъабго вас, ункъо яс. ТIоцевесев ккола Къасим, гьесда хадусей - Зайнаб, Рукъият, цинги - ФатIимат, Уму-Кулсум, ГIабдуллагь. Гьал анлъалго Аварагасе ﷺ Хадижатица гьаруна. Анкьабилев ккола Ибрагьим, гьев ккола Марият абурай гIаданалъ Аварагасе ﷺ гьавурав. Гьаб буго Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ лъималазда малъизе кколеб къадаралъул бищун дагьаб баян.

Гьаб моцIги бугелъул жиндилъ хирияв Авараг ﷺ гьавураб, рекъараб букIина эбел-инсуца лъималазда гьесул ﷺ хIакъалъулъ бицани, хIалтIи-пишаялдаса регIараб къасимехалъ бугониги, цо хасаб заманги чIезабун кинаб бугониги сирраялъул тIехь гьезие цIализе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...