Аслияб гьумералде

ДугIаялъул хIакъикъат

ДугIаялъул хIакъикъат

Нилъер дугIа ккола махлукъаталдаги Халикъасдаги гьоркьоб бугеб балъгояб кьолъун. ГIемерисеб мехалда кIвар кьола нилъеца гьарулеб жоялде, амма аслияб жо кIочон тола – лъидехун нилъеца хитIаб гьабулеб бугебали.

 

ДугIаялъул хIакъикъияб гъварилъи загьирлъуро нилъее къваригIараб жо щвеялда жаниб, гьеб щола жив ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ хIажалъун вукIин бич1ч1иялдалъун ва РахIманасда божилъи гьабулеб мехалъ. Гьединаб, ракIбац1ц1адаб хIажалъиялъ лъалъараб дугIа лъугьуна рухIияб мунажатлъун (Аллагьгун ﷻ кIалъай).

Гьелъие жаваб щолеб гьеч1ин кканиги, ракIч1ун лъай: дур дугIа цебего рагIун букIин. ХIасил, жибго дугIа ккола гIибадат. Цо валияс абуна: «Аллагьас I дун дугIа гьабиялдаса махIрум гьави дие ц1икIкIун захIмалъула, жаваб щвеялдаса», - ян. Гьес гьедин абуна, щайгурелъул жибго дугIа гIибадат букIин, гьелдалъун нилъеца бихьизабула Аллагьасде ﷻ нилъер хIажалъи. Нилъеца щукру гьабизе ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее Жиндихъе руссине ва гьаризе рес кьолеб букIиналъухъ. Аллагьасе ﷻ бокьула дугIа гьабулеб мехалъ. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца Дида гьаре, Дица нужее жаваб кьезе буго», - ян. Амма гIемерисеб мехалда нилъеца кIвар кьола гIиц1го нилъеего бокьараб жоялде ва гьелда тIадеги нилъее бокьула хехго жаваб щвезе.

Хирияб хIадисалда буго: «ДугIа ккола гIибадаталъул нах», - ян. Нилъеца дугIа цин гьабун, цин гьабич1ого теч1ого, гIемер гьабизе ккола. Байгьакъияс АвзагIиясдасан бицана: «Бищун лъикIаб дугIа ккола Аллагьасда гIемер тIадч1ун гьари ва Гьесда цеве хIелун ч1ей».

ДугIа къабуллъизе ккани, кваназе ккола бац1ц1адаб, хIалалаб квен. Цо гIалимчияс абуна: «Аллагьасде ﷻ дугIа гьабулев чияс хIалалаб квен кванай, хIарамаб жо кванаялъ дугIа нахъч1вала», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...