Аслияб гьумералде

Кутакалда беццараб пиша

Кутакалда беццараб пиша

Кутакалда беццараб пиша

РитIухълъи цIуни буго кутакалда беццараб пиша. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна Жиндие бокьулин ритIухълъи ва ритIухъал чагIийилан. РитIухълъиялъ инсан гIагар гьавула алжаналде.

 

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Нужеца ритIухълъи гьабе, ритIухълъиялъ нуж рачуна такъваялде, такъваялъ рачуна алжаналде», - ян.

Киназдаго рагIун батила ГIали-асхIабасул къолденалъул хIакъалъулъ ккараб къиса. Ягьудияс гьеб къолден нахъе кьола исламалда бугеб ритIухълъи бихьун. Гьес исламги къабул гьабула. Гьединаб асар гьабулеб жо ккола ритIухълъи.

ГIумар-асхIабас абун буго ритIухълъи цIунизе хIаракат бахъейин чIвалев вугониги.

Ибну ГIабасица абун буго жиндилъ ункъо пиша бугев чиясулъ хайир бугин. Гьел пишабиги ккола: ритIухълъи, нич, щукру ва гIамал берцинлъи.

Фузайл ибну ГIиязица абуна Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб жо кколин ритIухъаб мацI ва бищун бокьулареб кколин гьереси бицунеб мацI.

РитIухълъиялда тIасан гIалимзабазул цояс абун буго гьеб кколин бацIцIадаб гIакъида, жиндилъ къосен гьечIеб. Цогидаз абун буго ритIухълъи кколин Аллагьасе ﷻ бугеб къотIи гIамалалдалъун тIубай.

Абу ЯгIкъуб Нагьрияс абун буго ритIухълъи кколин жанисаги къватIисаги рекъонккей.

Пуланав гIалимчияс абун буго бахIарчилъиялдаса тIадегIанаб жо ритIухълъи гурони гьечIилан.

Язид ибну Майсаратица абун буго гьереси бициналъ тIолалго квешлъабазул нуцIа рагьулин.

Абу Юсуф ибну АсбатIица абун буго ритIухъав чиясе ризкъилъун лъабго жо щолин: гьуинлъи, гьайбатлъи ва берцинлъи.

Пуланав чияс хIакимасда абула жинда ритIухъав чиго вихьичIилан. Мунго ритIухъавлъун вукIаравани, дуда гьел рихьилаанин абун жаваб кьун буго дандиясги.

РитIухълъи кколила жанисанги къватIисанги цого хIалалда вукIин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Давуд аварагасухъе вахIю рещтIун абула: «Я Давуд! Жанисан Дун ритIухъ гьавурав чи Дица халкъалда цевеги ритIухъ гьавула.

Гьереси бициналъул гIаламат ккола гьедари, гьеди тIалаб гьабулев чи гьечIониги», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...