Аслияб гьумералде

Дунял бокьи

Дунял бокьи

Сагьл ибну СагIидидаса бицараб хирияв аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аварагасухъе ﷺ вачIана цояв ва абуна: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, тIовитIе дун цо гIамалалде, дица жинда гIамал гьабидал Аллагьасеги ﷻ гIадамазеги дун вокьулеб», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Дуца дунялалдехун зугьд гьабе, Аллагьасе ﷻ мун вокьила, гIадамазухъ бугелдехунги хьул лъоге, гьеб мехалъ гьезиеги мун вокьила», - ян.

 

Аварагасда ﷺ цIехон буго: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, щив вугев гIадамазул бищун зугьд бугев», - абун. Гьес ﷺ жаваб гьабун буго гьев чи вугила жинда хобги, тIаде бачIине бугеб захIмат-къварилъиги кIоченчIев, дунялалъул берцинлъабазул бищун хириялги рехун тарав, паналъулелдаса нахъе хутIизе бугеб тIасаги бищарав», - абун.

Дунял рихиналде ва гьеб рехун теялде рачунел жал руго:

– Ахираталъул пикру гьаби ва жив БетIергьанасда ﷻ цеве чIезе вукIин ракIалде щвезаби. Гьеб мехалъ жив шайтIаналдасаги бергьуна, напсги дунялалъул лазат-нигIматаздаса буссуна.

Аварагас ﷺ абун буго: «Дунял муъминчиясул туснахъ, капурчиясул алжан буго», - ян.

– Дунялалъул лазатал Аллагьасдаса ﷻ машгъул гьарулеблъун, Гьесда ﷻ аскIор щвезе ругел даражаби мукъсан гьарулеблъун бугеблъи ракIалде щвезаби.

– Дунял тIалаб гьабулаго жиндиего щвезе бугеб свак ва гIодовегIанлъи гIемерлъи. Гьелъул паналъи ва тIаса ине букIиналъул хехлъиялъул пикру гьаби.

– Аллагьасда ﷻ аскIоб гьелъул гIодобегIанлъиялъул пикру гьаби. Гьединго ракIалде щвезаби гьебги гьелда жаниб бугебщинабги Аллагьас ﷻ нагIана кьураблъун букIин.

Фузайлица абун буго: «Дунял букIарабани хIалал гьабун кьезе бугин абун диде бакка-бахъи гьабун, дица гьелъул кIварго гьабилароан. Дие гьеб балкан кинниги гIодобегIанлъараб буго», - ян.

– Дунялалдаса ахират лъикIаб букIин ракIалда цIуни.

ХIадисалда буго: «Ахираталда дандеккун дунял гьечIо, нужер цояс ралъдалъ килищ къазабун хадуб гьелда хъвараб риччел гIадаблъун гурони», - ян (Мустадрак).

БетIергьанас ﷻ кантIизареги ахираталда пайдаялъе батулеб лъикIалде!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...