Аслияб гьумералде

КIвар бугел тIадкъаял

КIвар бугел тIадкъаял

КIвар бугел тIадкъаял

Къосарав ибн Мулжамица ГIали-асхIабасда хвалил ругъун лъуна. ГIумруялъул ахирисел сагIтазда гьесда аскIове вачIана гьесул вас ХIасан. ГIолохъанчи гIодана.

 

ГIали-асхIабас гьесда гьикъана:

- Я вас, щай мун гьедигIан ракI буссун вугев?

ХIасаница жаваб кьуна:

- Гьаб дунялалда дур ахирисел лахIзаталги ун, батIияб дунялалде лъугьунаго кин дун пашманлъиларев?

 Инсуца жаваб гьабуна:

- Я вас, ракIалде щвезабе ункъо ва жеги ункъо къотIи. Гьезда нахъвилълъани, дуе щибго зарал ккезе гьечIо.

Бищун лъикIаб бечелъи буго гIакълу. Бищун кIудияб мискинлъи – ахIмакълъи. Бищун кIудияб янгъизлъи ккола чIухIи, тIокIлъи. Щайгурелъул чIухIиялъ сверухъ ругел гIадамазул тушманлъи ва ццин бахъинаби бижулеб буго. Гьелъул хIасилалда, гьединав чIухIарав чиясдаса гIадамал рикIкIалъула. Бищунго лъикIаб тIадегIанлъи ва къадру – лъикIаб гIамал-хасият буго.

ХIасаница гьикъана:

- Я дир эмен, гьаб ункъабго васият буго, хутIараб ункъабгоялъул хIакъалъулги бице, - ян.

- ГIабдаласулгун гьудуллъиялдаса цIуне. ХIакълъунго, дуе пайда гьабизе бокьун букIаниги гьес дуе зарал гьабила.

Гьереси бицунев чиясулгун гьудуллъиялдасаги цIуне. Гьес рикIкIад бугеб жо дуда гIагарда бугеблъун бихьизабила, гIагарда бугеб рикIкIадаб бихьизабила. ХIалихьатав чиясулгун гьудуллъи гьабиялдасаги рикIкIалъе. ХIакъикъаталдаги, гьес мун рехун тела бищунго хIажатаб лахIзаталда.

Воре, квешав чиясулгун гьудуллъи гьабиялдасаги цIуне, гьес мун чIобого вичизе вуго.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...