Аслияб гьумералде

ГIакълабазул гъамас

ГIакълабазул гъамас

ГIакълабазул гъамас

ЦIуна-къай гьабе сундулъго, исрап гьабуге БетIергьанас кьураб нигIмат, мацIалда ракьа гьечIинги абун, бокьа-бокьараб бицине тоге мацI.

Дуегоги жамгIияталъеги пайдаяб иш гьабизе кIвахIаллъуге. ТIаде босараб тIубазабе.

***

Дудасаго язихълъиялдаги загIиплъиялдаги вугесухъ цIикIкIун валагье.

***

ЛъикIал гурел пикрабаздасаги къасдаздасаги бетIерги ракIги цIуне.

***

ГIадатго тIаме гIумру. Мискинлъиялдаса рахIатаб жо бати щакаб бугин.

***

Воре, ццидахунге. Дуего зарал гьабурасдасаги тIаса лъугьа. КIочон тоге гьаб дунял кIкIарадул кваркьиялъулцин багьа гьечIеб букIин.

***

Рохел тIаса унилан пашманлъуге, къварилъи бачIунилан ургъалилъ къанги вукIунге. Аллагьасде тIамун те кинабго.

***

ГьитIинаб жо кIодо гьабуге. Дуда бихьизе хъвараб чияда бихьуларин.

***

Лъица бугониги ракIбакъвазабулеб рагIи абун батани, рекIелъе биччаге. Гьеб рагIиялъ дуе гуреб, доб абурав чиясе гьабулин зарал.

***

Гьерсил чодаги рекIун, халкъги махсароде ккун,
ХIакимлъун вахъарасул ахир пашманаб ккола.
БогIое кIал-мацIги тун кверал квалквадулесул, 
Гьабулеб иш лъугьуна, лъутизе гьев кколаро. 
***
Мискинчийилан абун пулан къварид гьавуге,
Метерисеб къоялъул къисмат лъазе кIоларин.
Бечедавилан абун инсанасе хIелуге,
ХIамил бакIалдеги ккун халкъалъе инжитлъулин.
***

Цо пуланаб къоялъ дуда бичIчIизе буго ахир-къадги мун ахиралде щваравлъи. Гьебин абуни букIине буго байбихьилъун.

***

Сухъмахънухккун вачIунаго, данде вачIунесе нух биччан, хьибилалдехун гали тIаме.

***

Кваналелъул дуего лъабил бутIа те, хутIараб цадахъ ругезе кье. Гьеб ккола гьаб дунялалда талихIавлъун вукIиналъул балъголъи.

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...