Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас ﷺ сайгъаталъе кьураб жо босана, амма садакъаялъе кьураб босичIо. Гьеб босичIого теялъе щиб гIилла букIараб? Садакъа кьола гIадамазул чороклъи бацIцIинелъун.

 

Гьеб Аллагьас ﷻ хира ва кIодо гьавурав Аварагасе ﷺ бегьулеб жо гуро. Аварагас ﷺ, жиндиего щиб букIаниги кьолеб мехалда гьикъулаан, гьаб сайгъатищ яги садакъайищ абун. Сайгъат бугин абуни босулаан, садакъа бугин абуни толаан.

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Радал вачIун Аварагас ﷺ гьикъулаан кваназе жо бугищ», - илан? Дица абулаан гьечIилан. Цинги Аварагас ﷺ абулаан кIал кквезе бугин.

Цо нухалъ Авараг ﷺ вачIиндал дица абуна, нилъее сайгъат бачIанилан. Щиб бачIарабин гьикъидал, гьелъ абула хIайс бугин. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ абулаан: «Дица кIал ккун букIана ва амма гьанже кванала», - ян.

Гьаб хIадисалъ тIоритIел гьабула суннатаб, къалъун гьечIебгIан заманалъ, кIалалъе радал ният гьабизе бегьиялда. Амма паризаяб кIалалъе тIадаб буго къаси мехалъ ният гьабизе, маркIачIул заманалдаса хадуб, рогьалил гIуж щвелалде. Гьединго хIадисалъул ахирисеб бутIаялъ тIоритIел гьабула суннатаб кIал биххизе бегьулеблъиялде.

Цогидаб хIадисалъги гьелде тIоритIел гьабула: «Суннатаб кIал ккурав жиндирго ихтияралда вуго: бокьани кквела, бокьичIони биччала», - ян.

Амма Къуръаналда бугеб: «Нужеца нужерго гIамалал хвезаруге», - ян абураб аят бачана паризаял гIамалазде, ай как-кIал гIадинал. Гьаб нилъеца бицараб хаслъула ШафигIияб мазгьабалда.

Абу ХIанифал мазгьабалда ккураб кIал, суннатаб ва паризаяб букIа, биччазе ихтияр гьечIо.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасе ﷺ щиб букIаниги босун бачIиндал, гьес цIехолаан, гьаб сайгъатищ яги садакъайищ абун. Садакъа бугин абуни, гьес асхIабзабазда абулаан нужецаго кванайин абун ва жинцаго кваналароан. Амма сайгъат бугин абуни, асхIабзабазда цадахъ кваналаан», - ян.

Сайгъат босиялъе хIикмат букIана, гьеб кьолев чи кIодо гьави. Амма садакъа кьола мискинав, пакъирав чи вихьун. Гьеб макъам Аварагасе ﷺ рекъоларо, гьев гьелдаса вацIцIадав вуго.

Капурзабазги абизе букIаралъулха, Аварагас ﷺ садакъа жиндиего ва жиндирго агьлуялъе бакIарулеб букIаниланги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...