Аслияб гьумералде

Сира лъазаби

Сира лъазаби

Сира лъазаби

Халкъалъулго хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру лъазаби, гьесул багьатIокIал тIабигIатазул ва хаслъабазул баян гьабиялда сиррайин абула.

Аврагасул ﷺ сирру лъазабиялъул мурадго буго гьесдехун рокьи цIикIкIин, исламияб диналъул битIараб бичIчIи кьей ва шаригIаталда нахъвилълъин.

 

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ махлукъатазул бищун хириясул гIумру лъазабичIого тей кIудияб кIарчанлъи ккола. Къуръаналдаги Аварагасде ﷺ хитIаб гьабун абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго мун цIакъ кIудиял ва берцинал тIабигIатазда вуго», - я. (Суратул «Къалам», аят 4)

Хирияв Аварагасулъ ﷺ гьаб ракьалда ругелщинал тIабигIатазул бищун лъикIал ракIарана: бищун лъикIаб насаб, гъваридаб гIакълу-лъай, цIодорлъи, гIелму, нич, сахаватлъи, бахIрачилъи, сабру, рахIму-гурхIел ва цогидал лъикIал тIабигIатал.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъ дун вуго Адамил лъималазул сайид, хабалъа тIоцебе вахъинавулевги дун вуго, тIоцебе шафагIат гьабулевги ва тIоцебе шафагIат гьабизе изну жиндие кьолевги», - ян.

Абу Закария Нававияс гьеб хIадисалъе шархI гьабун хъвалеб буго: «Гьеб хIадисалъ тIоритIел гьабулеб буго кинабниги махлукъаталдасаги хирияв Аварагасул ﷺ тIокIлъиялде. Агьлу суннатазул мазгьабалда рекъон малаикзабаздасаги гIадамал тIокIал руго ва Аварагги ﷺ гIадамазул ва кинабниги махлукъаталъул бищун хирияв вуго», - ян.

Зайнул ГIабидиница бицана: «Къуръаналъул аятал малъулелго гIадин хирияв Аварагасул ﷺ гъазаватазул хIакъалъулъги малъулаан нижеда», - ян.

Имам Ибн Шигьаб Зугьрияс бицана: «Аварагасул ﷺ гъазаватазул хIакъалъулъ лъай гьеб ккола дунял-ахираталъул гIелму лъай», - ян.

ИсмагIил ибн МухIаммад ибн СагIдица бицана: «Инсуца нижеда хирияв Аварагасул ﷺ гъазаватазул гIемер бицунаан. Гьес абулаан: «Ле дир лъимал, нужер умумузул рагъулал гьунарал руго гьел. Нужеда гьел кIочонге», - ян.

ГIали Тантавияс насихIат гьабун жиндирго тIахьида хъвалеб буго: «Щибаб рокъоб чара гьечIого букIине ккола Аварагасул ﷺ гIумруялъул хъвараб тIехь. Щибаб къойил цо сагIатгIанасеб мехалъ цIализеги ккола гьеб хъизан агьлуялъе ва хассго лъималазе. Аварагасул ﷺ гIумру лъалеллъун гьел гIезе. Аварагасул ﷺ сирру ккола битIун гIумру тIамизеги бокьаразе бацIцIадаб иццлъун», - абун.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Гьав хирияв Расуласда ﷺ буго нужее, я гьал муъминзаби, берцинаб нахърилълъин», - абун. (Сура «Ал-АхIзаб»).

 

Жабир Мажидов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...