Аслияб гьумералде

Хваразе щолищ?

Хваразе щолищ?

ГIемер кьолеб суал буго Къуръан цIалиялъ хваразе пайда гьабулищин ва хабалазда гьеб цIализе бегьулищин абураб?

 

ГIемерисел гIалимзабазул каламалда рекъон, цIалараб Къуръаналъул кири хварасе кьезе бегьула, гьеб Аллагьасул амруялдалъун гьесухъе щола. Къуръан-суннаталъ ахIула бакIалъул яги заманалъул гIурхъаби чIезаричIого Къуръан цIалиялде. Гьединлъидал хабада цIалиги гIаммаб ахIиялде гъорлъе уна ва гьукъараблъун рикIкIине бегьуларо.

Ибн ГIумаридасан ва Лажлажидасан бицана Аварагас ﷺ амру гьабун букIанин хабалазда «ФатихIа» ва «Ал-Бакъара» суратазул ахириял аятал цIалеян. Имам Нававиясги ибну ХIажарицаги гьеб хIадис хIасанаблъун рикIкIана. Хабалазда Къуръан цIалиялъул хIакъалъулъ загIипаллъун рикIкIунел цогидал хIадисалги руго, амма гьезул тIолабго къадаралъ, батIи-батIиял гIасрабазул бусурбаби гьеб гIадат ккун хьвадиялъги бихьулеб буго гьелъул кьучI букIин.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дурго хваразде тIаде «Ясин» цIале», - ян (АхIмад, Абу Давуд, ибн Мажагь; тасдикъ гьабуна ибн ХIиббаница ва ХIакимица). ГIалимзабаз бичIчIизабулеб буго гьеб цIализе бегьулин хвараб лахIзаталдаги, хун хадубги, хабадаги. Имам Бухарияс жиндирго тIехьалда цо хасаб бутIа кьун буго жаназаялде тIаде «ФатихIа» цIалиялъе. ХIадисаз тIоритIел гьабулеб буго жибго жаназаялъул какдаги, хабалъ вукъулеб мехалъги «ФатихIа» цIалулеб букIин.

ГIалимзаби тIадрекъарал руго хварасе гьабураб дугIаялдасаги, садакъаялдасаги, хIежалдасаги пайда щолеб букIиналда. Къиясалда рекъон, Къуръан цIалиялдаса кири щола, гьеб хварасе сайгъат гьабун батани. ХIанафияз лъикIаблъун рикIкIуна жаназа хабалъ букъун хадуб гьенир гIодор чIезе, Къуръан цIализе ва дугIа гьабизе. Маликиязул гIемерисел гIалимзабаз гьеб рикIкIуна лъикIаб ишлъун. Имам ШафигIияс абуна беццараб бугин, хIатта тIубараб Къуръан цIалани, жеги лъикIаб бугиланцин. ХIанбалаз абуна хабада цIализе бегьулин, гьеб какараб жо гурилан.

АсхIабзабазги табигIиназги хабалазда аскIоб Къуръан цIалана. ГIемерал имамзабазул хабалазда бусурбабаз тIубараб Къуръан цIалулеб букIана.

Гьединлъидал хабада Къуръан цIализе ва кири хварасе кьезеги бегьула. Гьеб гьесухъе щола Аллагьасул ﷻ амруялдалъун. Гьединаб буго гIемерисел гIалимзабазул пикру.

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...