Аслияб гьумералде

ГурхIел-рахIму

ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго.

Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.

 

Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб ният загьир гьаби, хIатта хIайваназдехун. ГурхӀел-рахӀмуялъул кьучӀ ккола адаб-хӀурмат ва тIалаб гьаби. Гьеб гӀицӀго гӀадамазулгун гуребги, сверухъ бугеб дунялалдеги, хӀайваназдеги, тӀабигӀаталдеги тӀибитӀула.

ХӀакъикъияб гурхӀел-рахӀмуялъ чи вачуна жиндирго напсиял жал тун цогидазул хIажат, гьезие къваригIараб тIубаялде. Гьелъ малъула цогидазул цIикIкIун ургъел гьабизе.

ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ гурхIел.

ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда чанго нухалъ рехсана Жиндирго сифатал, гьезда гьоркьоб буго мунагьал чуриги гурхӀелги. Аллагьас ﷻ гьениб баян гьабуна Жив ﷻ вукIин бищун гурхIулев.

Гьесул ﷻ гурхӀел-рахӀмуялъ кинабго жо сверун ккола. Аллагьасул ﷻ рахӀмат байбихьула гӀурхъи гьечӀеб рахӀмуялдасан, гьеб буго муъминзабазе кьучӀаб аслулъун.

Нилъер рахӀму-цӀоб бугев БетӀергьанасе бокьула жиндирго лагъзадерицаги цоцазда гурхӀел-рахӀму гьабизе.

Аварагасул ﷺ мисал.

МухӀаммад авараг ﷺ вукӀана бищун гурхӀел-рахӀму бугев чи. Гьеб букӀана гьесул аслиял хаслъабазул цояб. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьев ракьалде витӀана «рахӀму бихьизабиялъул» тӀадкъайгун. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ нилъер Аварагасе ﷺ кьуна Жиндирго «Рауф» ва «РахӀим» абурал хасал сифатал.

ГурхӀел-рахӀму гьечIев чи цӀорораб жаназаялда релълъуна. Жарир ибну ГӀабдуллагьица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Цогидасда гурхӀичӀесда гурхӀуларо», - ян. (Имам Бухари, 6013)

Муъминзаби цо черх гIадин.

МухӀаммад аварагас ﷺ тӀадчӀей гьабуна муъминзабазда гьоркьор ругел бухьеназул кӀваралда ва гьел релълъинаруна цо черхалда. Ан-НугIман ибн Баширица бицараб хӀадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Цоцаздехун бугеб рокьиялда, гурхӀел-рахӀмуялда муъминзаби цо черхалда релълъуна: гьелъул цояб лага унтани, тӀолабго черх макьу гьечӀолъиялдалъун ва цӀа-кан бахун зигардула», - ян. (Бухари)

ГурхIел-рахIмуялъ бусурбабаздаса тӀалаб гьабула гӀадамазда гуребги, хӀайваназдаги, сверухълъиялдаги, тӀабигӀаталдаги гурхӀел ва ургъел гьабизе.

МухӀаммад аварагас ﷺ лъурал гьал адабал исламалда жаниб яхӀ-намусалъулаб хьвада-чӀвадиялъул кьучӀлъун ккола.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...