Аслияб гьумералде

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер гIамалазде балагьун, нилъеда тIад гьединалго церехъабиги тола. Нилъее бокьула гьел какизе. Амма кIочон тезе бегьуларо кинабниги жо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ къадаралда билълъанхъулеблъи. Гъварилъуде раккани, гIайиб нилъедаго батула. Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби ккола. Кинниги гьеб къабул гьабизе захIмалъула.

 

Абубакар, ГIумар, ГIусман ва ГIали гIадал церехъаби кьуна халкъ Аллагьасухъ ﷻ гIенеккулел рукIиналъ. Аллагьасде ﷻ халкъ гIасилъизе байбихьидал гьезда тIад ругел чагIиги хисула. ГIилла нилъелъго букIин Аварагасги ﷺ бихьизабуна. Аварагас, ахирисел къояз унтидал, ансаразе васият гьабуна. Гьелда хадуб ибну ГIаббасица Аварагасда ﷺ гьарула къурайшиязеги васият гьабеян. Аварагас ﷺ абурал рагIабазул цоял ккола, гIадамаз лъикIлъаби гьаруни гьезда тIад тарал церехъаби лъикIал рукIунин абун. Амма гьез квешал гIамалал гьаруни, гьезда тIад тарав цевехъан зулму гьабулев чи вукIуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Гьедин нижеца ихтияр кьола зулмучагIазе тIад кверщел гьабизе, гьез гьабураб жоялъе гIоло» (сура «АнгIам», аят 129).

Гьелъие тафсир гьабун ибну ГIаббасица абуна: «Аллагьасе ﷻ халкъалъе лъикIлъи бокьараб мехалъ, гьезда тIад лъикIал чагIи тола, амма Аллагьасе ﷻ гьезие квешлъи бокьараб мехалъ гьезул квешал тIад тола», - ян. Гьаб тафсиралда рекъон халкъалъ зулму гьабуни, гьезда тIадги тола зулму гьабулел чагIи. ТIад тарав чиясул зулмуялдаса хвасарлъизе бокьани, щивав чияс жинца гьабулеб зулму тезе ккола.

ХIадисалда буго: «Нуж кинал ратаниги, гьединал чагIи рукIине руго нужеда тIад», - ян. Гьелъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ халкъ хIинкъулеб бугони, гьезда тIад Аллагьас ﷻ тола Жиндаса хIинкъулев чи. Амма гIадамаз цоцазе зулмуги мунагьалги гьарулел ругони, Аллагьас ﷻ гьезда тIад Жиндаса хIинкъуларев чи тола. Цо нухалъ рагIидал зулму гьабулев цевехъан ХIажаж какулев чи, гьесда цояс абула гьедин гьабугейин ва ракIалде щвезабула цебе бицараб хIадис. Нилъее рекъола тавбуялде руссине: «Я Аллагь ﷻ, нижер мунагьал сабаблъун нижеда тIаде тIамуге Дудаса хIинкъуларев чи», - ян. Аварагасги ﷺ гьелде гьесизарун абуна, нужеда тIад зулму гьабулев цевехъан тани, нужерго нафсалъул гIунгутIабазде руссайин, гьеб букIине рес бугин нужеца цоцазе гьабураб зулмуялъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...