Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Нилъее бугеб кIудияб талих1алдасан ккола хирияв аварагасул ﷺ умматлъун Аллагьас ﷻ рижун рати. Гьаб бацIцIадаб дингун нилъехъе вачIарав МухIаммад аварагасул ﷺ руго гIемерал цIарал. КIиябго рокъов рахIматлъун вугев гьесул ﷺ цIарал, магIнабигун цадахъ лъалел ругони, нилъее баракат букIина.

«МухIаммад». Гьаб цIар буго аварагасда ﷺ кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица лъураб. Абула гьеб цIар бугин Аллагьасго ﷻ аварагасда ﷺ гьев гьавизегIанго чанго азарго соналъ цебего лъурабиланги. Гьеб цIаралъул магIнаги буго «Жив веццарав» абураб. Гьеб цIар гIарабазда гьоркьоб машгьураб яги рагIараб букIинчIо. Къурайшияз ГIабдулмутIалибида гьикъидал, щай дуца васасда умумузулги къавмалъулги цонигиязул гьечIеб цIар лъурабин абун, гьес жаваб кьун буго жиндир хьул бугин ракьалъул кинабниги халкъалъ гьев вецциялдейилан абун.

Гьеб цIар аварагасда ﷺ лъеялъе гIиллаги букIана ГIабдулмутIалибида бихьараб макьу. Гьесда бихьула жиндир мугъалдаса гIарцул рахас бахъун, цинги гьелъул цо рагIал зодобе, цогияб – бакъбаккул, лъабабилеб - бакътIерхьул рахъалде щун. Цинги нахъруссун рачIунелъул гьел рахсал гъотIол сураталда рукIана, тIад бижараб тIанхидаса нурги бугеб, Машрикъ-Магърибалъул агьлу гьелда хурхунелги рукIун, ругеб хIалалда. Гьеб макьу бициндал гьеб къотIун буго гьесул наслуялдаса вахъине вугин цо вас, жинда хадуб Машрикъ-Магърибалъул агьлуги билълъине бугеб, зоб-ракьалъул агьлуялъ веццизеги вугевилан абун.

Цоги абула, МухIаммадилан цIар теялъе гIилла букIанин аварагасул ﷺ эбелалъ ГIабдулмутIалибида бицараб. МухIаммад ﷺ гьавизе йигеб заманалда гьелда малаикас абун буго дур чохьонив вугев вас вугин гьаб умматалъул сайид, дуца гьесда «МухIаммад» абун цIар лъеян.

Аварагасул ﷺ цIаралдасан ккола «АхIмад» абурабги. Гьаб цIар ккола хадув вахъине вугев аварагилан Муса ва ГIиса аварагзабазул заманалда машгьураб букIараб. Гьелъул магIна ккола «Аллагьасе ﷻ рецц гьабулезул бищунго цIикIкIун рецц гьабулев» абураб.

Аварагасул ﷺ цIараздасан ккола «аль-МахIи» абураб цIарги. Гьелъул магIна ккола «Куфру нахъе хъвагIалев, гьеб чурулев» абураб. Гьаб лъабабго цIар ритIухъ гьабулеб хIадис буго: «Дун вуго МухIаммад ва АхIмад, дун вуго аль-МахIи – дидалъун Аллагьас ﷻ куфру бацIцIине бугев…», - ян абураб (Бухари).

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...