Аслияб гьумералде

ГIибадатазул бигьаяб

ГIибадатазул бигьаяб

Ислам ккола гурхӀел-рахӀ-муялъул ва лъикӀлъиялъул дин. Нилъер диналъ хасаб кӀвар кьола гьоркьорлъаби лъикI гьариялде. Цогидаздехун инсан лъикӀав вугебгӀан заманалда жаниб, гьесда Аллагь ﷻ  гурхӀулевги вукӀуна.

 

Щивав бусурбанчияс жидерго дин лъикIаб рахъалдасан бихьизабизе, гьелъул насихӀатал цӀунизе, къимат гьабизе ккола. ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ  гӀибадат гьабиялда цадахъго муъминчияс исламалде цогидалги ахӀизе ккола.

ГӀадамал исламалде ахӀизе бищунго цIакъаб къагIида бугин абула лъикӀаб гӀамал-хасият бихьизаби. Тарихалда гӀемерал мисалал руго бусурбабазул лъикӀаб гӀамал-хасият бихьиялдалъун цогидал исламалде рачIиналъул.

Муъминчиясул лъикӀал хасиятазул цояб ккола кинабго чӀагояб жоялдехун лъикӀлъи бихьизаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ  муъминчиясе кири хъвала бищунго гьитӀинаб лъикӀлъиялъухъги, гьеб лъикӀлъи хIатта хӀайваналдехун гьабун бугониги.

Бищунго бигьаяб кири щолеб лъикӀлъи ккола гьими. Гьимиялъ лъазабула гIадамалгун мун лъикӀаб гьоркьоблъиялда вукӀин ва гьезие дудаса кинабгӀаги зарал букIине гьечIеблъи.

«Ас-саламу гӀалайкум» абураб саламалъ гӀадин гьимиялъги кьола рекъел, гӀадамазда гьоркьоб гьудуллъиги щула гьабула. Гьимиялдалъун кӀола хӀалуцараб ахӀвал-хӀал къотӀизабизе, нужерго ва цогидазул рекӀел хӀал лъикӀлъизабизе.

Абу Заррица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Дур диналъул вацасе гьими дуе садакъа ккола», - ян. (Имам Тирмизи)

ГӀалимзабазги чӀезабун буго гьимиялъ инсанасул черх щула гьабулеблъи ва стресс нахъе инабулеблъи.

Щибаб нухалда муъминчи гьимулелъул, гьес Аварагасдаса ﷺ мисал босула ва суннат тӀубала. Аварагас ﷺ кидаго жиндирго насихӀатал ва гӀадамазулгун гьабулеб гьоркьоблъи гьимун гьабулаан.

ГӀабдуллагь ибну Мугъирасдасан бачӀараб хӀадисалда буго, ГӀабдуллагь ибн ал-ХӀарисица абунин: «Аварагасдаса ﷺ цIикIкIун гьимулев чи дида киданиги вихьичӀо», - ян. (Имам АхӀмад, 17713; Тирмизи, 3641)

Жарир ибну ГӀабдуллагьица бицараб хӀадисалда буго: «Дица ислам къабул гьабуралдаса нахъе дун Аварагас ﷺ нахъчIвачIо киданиги. Авараг ﷺ кидал дандчIваниги гьимун гурони кIалъачIо», - ян. (Бухари, Муслим)

АскIоре рачIарал мискинзабазе кьезе жо гьечӀеб мехалда, Аварагас ﷺ гьезие жиндирго гьими загьир гьабулаан, гьелъ гьел гIодореги риччазарулаан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...