Аслияб гьумералде

Мунагь теялде рачунел ишал

Мунагь теялде рачунел ишал

Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун. Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин хвасарлъиялъе нух букIуна. Бищун кIвар бугелдасан ккола рекIелъ иман цIуни ва Аллагьасда цебе ракI рагьи. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Мунагьаздаса тавбу гьабулел, гъаплаталдаса ракIалги рацIцIад гьарулел чагIи Аллагьасе ﷻ рокьула», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 222).

Напсалъе бокьараб гьабун мунагьалъукье ккедал гьал хадур рехсарал нухазда тIадчIей гьабизе инсанасда тIадаб буго:

ТIоцебесеб иргаялда, гьабураб мунагьалдаса ракI бухIизе ккола, вохизе ва гьелда ракI разилъизе бегьуларо. Гьебгун цадахъ хIинкъизе ккола жеги гьелдаса кIудияб мунагь гьабиялдаса.

Гьабураб мунагьалда даимлъунгутIи. Мунагь гьабидал хIаракат бахъизе ккола, Аллагьас ﷻ нилъее кьурал хIалалал нухалги хIалтIизарун, гьеб мунагьалде цIидасан нахъвуссунгутIизе.

Гьабураб мунагьалдаги тавбуялдаги гьоркьоб, гьоркьохъеб къадар цIунизе ккола. Чара гьечIого тавбу гьабулеб мехалъ цIакъ ракI бакъван, Аллагьасе хIелун вукIине ккола. ТIаса бихьиялъе даимго гьабулеб жоялда релълъун букIине бегьуларо тавбу. Тавбу гьабиялдасаги мунагь гьабизе инсанасе бигьалъула. Кинниги цIидасанги мунагь гьабиялде кколев вугони, тавбу гьабиялда кIарчанлъи ккезеги тезе бегьуларо.

Инсанасда лъазе ккола жинца гьабураб жо мунагь букIин. Гьесул бадиб гьеб гьитIи-бикъинаб жолъун букIине бегьуларо. Гьелъул магIнаги ккола гьабураб мунагьалъе, гIиллаби рачинчIого, гьеб мунагь букIин чIезаби. Лъалаго хIалалаб жо хIарамаблъун ва гьединго хIарамаб жо хIалалаблъун чIезабулев чи куфруялде кколевлъиги нилъеда лъала.

Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандиясул «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехьалда хъван буго: «Тавбу гьабурав чиясда тIалъула даимго ракIбекун вукIине ва истигъфаралда тIадчIей гьабизе. ГIалимзабаз абуна: «Тавбу буго гIажалалде щвезегIан (хвезегIан) чиясул рекIелъ Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиги ничги букIин», - абун. Тавбу гьабурав чияс тIоцебе гьабизе кколеб жоги лагъзадерил хIакъал ва гьезда гьарурал зулмаби тIаса ккезари буго, рецIун ялъуни хIалаллъи тIалаб гьабун. Нагагьлъун кьезе кIвечIони, кидал хIал кIваниги, бетIергьанчиясухъе хIакъ щвезабиялъул къасдалда вукIина. Гьесул хIакъ тIубазабизегIан яги тIаса лъугьинегIан, гьесие дугIа гьабулевлъунги вукIина»

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...