Аслияб гьумералде

Бечелъи цIунулеб къагIида

Бечелъи цIунулеб къагIида

ГIадамазе бугеб бечелъиялда баракат лъезе бокьула. Жиндилъ баракат гьечIеб жо кибе араб лъачIого тIагIуна. Нилъее бокьани боцIи-мал цIунизе закагIат бахъизе ккола. ГIали ибн Абу ТIалибица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бечедал гIадамазда тIад гьабуна мискиназе гьелдаса бутIа кьезе. Вакъарав мискинчи ватула гьезие кколеб жо бечедас кванараб мехалъ», - ян.

 

ЗакагIат бахъичIел гIадамазе кутакаб гIазаб бугинги лъазабуна БетIергьанас. Нилъеца закагIат бахъичIого чIолел руго гьеб бечелъи нилъер бугин абун, хIакъикъияв бетIергьан Аллагьги вукIаго.

Къиямасеб къоялъ закагIат бахъичIого тарал хIайванал бищунго чIахIиял хIайваназдеги сверун, гьез закагIат бахъичIев боцIул бетIергьанасда лълъурдул тункула, бохдуз гьев мерхьула, гьедин гIазабалда вукIуна МахIшаралда гIадамазул хIисаб-суал гьабун бахъинегIан.

ЗакагIат бахъичIеб боцIи рас хIуларал, кIиябго беразда гьоркьоб кIиго тIанкI бугел чIахIиял аздагьабазде, борхьазде сверула ва гьел борхьал закагIат бахъичIев чиясул габуралдаги жемула, гьезги абула: «Ниж ккола дуца закагIат бахъичIеб боцIи», - ян. ЗакагIат ккола мискинзабазул боцIи, дунялалда кьечIеб закагIат Аллагьас ахираталда бецIизабула. Чи хвараб мехалъ гьес нахъе тараб боцIудаса васият тIубалалде, ирс бикьилалде, садакъа гьабилалде, цин бахъичIого тараб закагIат бахъизе ккола. ЗакагIат бахъичIеб боцIуде балагьал рещтIуна, баракат гьечIолъи бихьула. Рес бугес гьеб суалалъул мухIканлъи ва ургъел гьабе.

Суннатаб садакъаялъулги буго кIудияб хиралъи. Зайнул ГIабидиница абуна: «Къаси мехалъ кьураб садакъаялъ (балъго кьей) Аллагьасул ﷻ ццим свинабула», - ян.

БетIергьанас садакъаде кьураб цо чамасдакцин кIодо гьабун, УхIуд мегIергIан лъугьинабула. Садакъа кьеялдалъун боцIи дагьлъуларо. Кванараб жо тIаса уна, садакъаде кьураб нахъе хутIула, бащдаб чамасдакгIанасеб садакъаялъцин жужахIалъул цIаялдаса цIунула, мунагьал тIагIинарула. Садакъаялъ Аллагьасул ﷻ ццин бахъин нахъчIвала, квешаб хвалил нуцIа къала. Садакъа кьурав чи къиямасеб къоялъ жиндир садакъаялъул рагIдукь вукIуна. Гьелъ Аллагьасул ﷻ ццим бахъин нахъчIвала, квешлъаби, балагьал нахъчIвала, гIумру халат гьабула. Бищун хирияб садакъа - ресукъав чиясе кьураб буго.

Жеги бицун хIалкIоларел хиралъаби руго хIадисазулъ суннатаб садакъа кьеялда тIасан рехсон. Гьанже хIисаб гьабеха, суннатаб садакъаялъулцин гьединаб хиралъи бугеб мехалъ, паризаяб закагIаталъул хиралъи кигIан цIикIкIараб букIинебали? Гьединго нилъеда лъазе ккола налъи бугев чиясул гьеб бецIани, гьебги кIудияб садакъа бугеблъи. 

 

Шамил МухIаммадов         

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...