Аслияб гьумералде

Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб мехалъ хутIун.

 

Налъи босарасеги рекъола гьеб кIванагIан жиндир заманалда нахъбуссинабизе. Рекъараб буго, рес ккедал, заман щвезегIан чIечIого, хехго бецIизе. Щайгурелъул, заманалда бецIиялъ бетIергьанасул ракI бохизабула ва гьев рази вукIуна.

Налъи босулев чиясеги рекъараб буго гъоркьлъалие щиб букIаниги тезе. Налъи тIад бугев чиясе рекъоларо гIарац хвезабулеб жо гьабизе, хIатта сунатаб садакъацин. ТIоцебесеб иргаялда, налъи бецIизе хIаракат бахъизе ккола. Гьединго цIакъго къваригIунареб жо босичIогоги тела.

ХIакъикъияв муъминчиясул пикру букIине ккола кIванагIан хехго налъи бецIилин абураб. Налъуласда бичIчIизе ккола налъи бецIи тIадаб жо букIин, гьеб тIаса-масаго тезе бегьулареблъи. Амма гьал адабал тIурангутIиялъ гIадамал рачунел руго налъи кьунгутIиялде.

Хирияб Къуръаналда буго, налъи гьабулеб мехалъ къотIи хъвазе кколин бусурбабазда гьоркьоса кӀиго нугӀги ахӀун. КӀиго бихьинчи гьечӀони, цо бихьинчиги кӀиго чӀужугӀаданги ахӀизе бегьула. Гьеб гьабула хадубккун къарз босулесдаги кьолесдаги гьоркьоб дагӀба-рагӀи ккечӀого букӀине.

Гьединго Къуръаналъ абула къарзалъе жо кьолев чиясда гъоркьлъалие щиб бугониги лъеян. Гьеб гьабула къарз босарав чиясда налъи бецӀизе кӀвечӀони яги бокьичӀони, гъоркьлъалие лъурабги бичун, гӀарац бецӀизе рес букӀине. Къарзалъе жо босарав къарз босарасдаса лъутиларо, жинда бецӀизе кӀолеб гьечӀинги абун. Гьелъул гIаксалда, гьес гьарила дагьабго заман кьеян, гьеб рекъонги букIина. Рес бугони, шаригIаталъ лъикIаблъун бихьизабула къарзалъе жо босарав чияс гьарани, тIадеги заман кьезе.

Гьедин гьабуни къарз босулевги къарз кьолевги барщаризе гьечӀо, къарз босулев чи тӀагӀани яги хвани ва бецIичIого хутIараб налъи гӀагарлъиялда тӀад кӀудияб налъилъун лъугьинаро.

Къарзалъе гIарац кьей ккола суннат. Амма гьеб ахIвал-хIалалде балагьун букIуна: гьеб букIине бегьула суннатаблъун, тIадаблъун, карагьатаблъун ва хIарамаблъун. Гьев чиясе гьитӀинабго кумек къваригӀун батани, гьеб суннатаб буго.

ГӀумруялъулги хвалилги суал батани, масала, гӀумруялъе хӀинкъи бугеб операция гьабизе чияс гӀарац гьарулеб батани, рес батани, кьезе тӀадаб буго.

ХӀажат гьечӀел жалазухъ кьезе гӀарац гьарулеб батани, гьеб мехалъ къарзалъе кьезе карагьалъула.

Ахиралдаги, гьекъолеб жо босизе, хӀазе ва гьелда релъарал мурадазе къарз кьей якъинго хӀарамаб буго.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...