Аслияб гьумералде

ЧIухIи гьечIолъи – Аллагь ﷻ разилъиялде нух

ЧIухIи гьечIолъи – Аллагь ﷻ разилъиялде нух

ЧIухIи гьечIолъи – Аллагь ﷻ разилъиялде нух

Инсанасул ракI ккола иман бижулеб ва ТIадегIанав Аллагь ﷻ тIоцеве валагьулеб бакI. Гьелъие гIоло МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «ХIакълъунго Аллагь нужер черхазухъги гьурмазухъги валагьуларо, нужер ракIазухъ ва гIамалазухъ валагьула» (Муслим).

 

РекIел унтабазул бищунго хIинкъи бугезул цояб ккола чIухIи (кибр) - инсанас жив цогидаздаса тIадегIанавлъун рикIкIин ва гьел хIакъир гьари. Гьеб бахчараб загьруялъ гьоркьорлъаби гурелги инсанасул абадияб гIумруги хвезабизе рес буго.

Аварагас ﷺ абуна: «РекIелъ бищунго дагьабниги чIухIиялъул тIанкI бугев чи Алжаналде лъугьинаро», - ян. (Муслим)

Гьел рагIабаз бихьулеб буго бищунго дагьабнигицин чIухIиялъул бугеб зарал. ХIадисалда «бищунго дагьаб чIухIиялъул тIанкI» абун гIадада рехсараблъун гьечIо. Бищунго дагьаб, кIвар гьечIеб гIадаб чIухIиялъул асаралъцин алжаналдаса махIрум гьарун жужахIалъул кIкIалахъе рехизе рес буго.

АсхIабзабаз Аварагасда гьикъана: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, инсанасе бокьула берцинаб ретIел-хьит букIине, гьебги чIухIийищ кколеб?» - ян. Аварагас ﷺ мухIкан гьабуна: «Аллагь ﷻ берцинав вуго ва берцинлъи бокьулев вуго. ТIадегIанлъи ккола хIакъикъаталда инкар гьаби ва гIадамал хIакъир гьари».

Гьелдасан босун, рацIцIалъи цIуни, берцинго рукIине жигар бахъи исламалда какуларо. Гьелъул гIаксалда, гьеб баццараб буго. Аллагьасде гIасилъи байбихьула чIухIиялъ инсанас хIакъикъат къабул гьабизе инкар гьабидал яги живго тIокIавлъун вихьун цогидал гIодорегIаналлъун рикIкIиналъ.

ТIадегIанлъиялъ иблис гъоркье ккезабуна. Аллагьас ﷻ Адам авараг кIодо гьавун бетIер къулеян амру гьабидал, гьев чIухIана ва абуна: «Дун гьесдаса лъикIав вуго, Дуца дун цIаялдаса вижана, Дуца гьев хIарщудаса вижана», - ян. (Сура «Ас-сад). Гьеб чIухIиялъ гьев вачана нагIанаялде ва Аллагьасул рахIматалдаса абадиялъго рикIкIад гьавиялде.

Щибаб къоялъул гIумруялда жаниб чIухIи загьирлъизе бегьула нилъедагоги лъачIого гьитIинал къагIидабазда: инсанасда кIоларо хIакъикъат загьирлъулеб мехалъгицин жидерго гъалатIазе мукIурлъизе; бечелъиялъул, даражаялъул яги лъаялъул рахъалъ цогидаздаса тIадегIанавлъун живго вихьула; жиндаса гIодовегIанавлъун вихьарав гьес хIакъир гьавула; малъа-хъваял ва нухмалъи къабул гьабуларо, кIвар кьечIого тола.

Гьел киналго гIунгутIабаз инасанасул ракI биццат гьабула ва Аллагьасдаса ﷻ рикIкIад гьавула.

Щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола жидерго рекIел хIалалде. ГIадамазда вихьуледухъ какал ран, гIибадат-гIамал гьабун вугониги, бахчараб чIухIиялъ ажру-кириялдаса махIрум гьаризе бегьула. Аварагас ﷺ нилъеда кин нилъ рукIине кколелали мисал бихьизабуна. ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цеве тIадегIанаб макъамалда вукIаниги, гIагарлъиялъе хъулухъ гьабулаан, мискинзабазда аскIов гIодов чIолаан, лъималазухъ гIенеккулаан, хIакъикъат лъидасан бачIаниги кидаго къабул гьабулаан.

ХIакъикъияб кIодолъи кколаро живго цогидаздаса тIокIавлъун вихьи, унго-унгояб кIодолъи ккола живго цогидаздаса гIодовегIанавлъун вихьи, хIакъикъат къабул гьаби, цогидалгун адаб-хIурматалда ва лъикIлъиялда вукIин.

ТIадегIанав Аллагьас нилъер ракIал чIухIиялдаса рацIцIад гьареги.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...