Аслияб гьумералде

РетIел ретIиналъул баян

РетIел ретIиналъул баян

РетIел ретIиналъул баян

ГIемер рихьизе бегьула бер тIаде цIалеб хIалалда ретIа-къарал, хасго руччаби. БацIцIадабги берцинабги ретIугейилан гуро дица абулеб бугеб, абулеб буго исламалъ малъухъе ретIа-къайилан. Щайгурелъул нилъ исламалъ ахIула кинабго жо берцинго, рекъовуда гьабиялде.

Берцинго ретIа-къазе бегьула батIи-батIияб къагIидаялъ. Амма аскIоса унесул бер тIаде цIалеб къагIидаялъ партал ретIани, Аллагьас ﷻ сурав босичIого толаро.

ГIабдуллагь ибн ГIумар абурав аварагасул ﷺ асхIабас абуна: «Живго вихьиялъе, машгьурлъиялъе ретIел ретIарав чиясухъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ валагьуларо (рахIмат къотIизабула) гьев вали ватанигицин», - ян.

Гьанже балагьеха нилъер ният кинаб бугебали? Щивав чиясда гьелъул хIакъикъатги жиндаго лъала. ГIемераб жо гьабулеб батула нилъеца рихьдае гIоло.

ГIабдуллагь ибн ГIаббасица абуна: «ГIадамазда гьоркьоб машгьураб квен кванай ва машгьураб ретIелги ретIун хьваде», - ян.

Руго цо-цоял доба кисаялиго бачIараб мода гьабулел. Амма нилъеда яхIги, ничги, намусги кIочон тезе бегьуларо. Гьеб кинабго барабги буго нилъер рекIел унтабазда. Берцинго ретIел ретIунеб гIадин, берцинго ракIал къачIаялдеги хIажатал руго нилъ.

Цо нухалда Ибрагьим НахагIиясда гьикъула, кинаб ретIел ретIизе кколебилан абун. Гьесие абула: «ГIалимчи вугин ккечIого вукIунедухъ ва мунго хIакъир гьавулареб», - ян.

ГIалимзабазул буго хасаб ретIел. ГIалим гурев чияс гьеб ретIани, гIадамазда ккола гьевги гIалимчи вугин абун. Гьедин гьабизе бегьуларо гIалим гурев чияс. Гьединго нилъеца ретIине бегьуларо цIакъго къадарабги, басриябги, гIадамаз гIайибчIвазе рес бугебги ретIел.

Аллагьас ﷻ нилъее киналъулъго бичIчIи кьеги.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...