Аслияб гьумералде

Салул гама

Салул гама

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда сверухъ бижана гIемераб хIикматаб ва гIажаибаб жо нилъ кIантIизе рукIине. Гьединаздасан ккола варанаби, зобал, мугIрул. БетIергьанас Маккаялъул мушрикиназде хитIаб гьабун абула: «Гьал Маккаялъул мушрикинал кин ралагьуларел варанабазухъ ва жидеца пикру щай гьабулареб Аллагьас ﷻ киндай гьел рижун ругелин абун».

 

ГIарабиязе бищунго бокьулеб ва гьезул аслияб магIишат варанаби рукIиналъ, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезда абуна: «Нужер рокъор ругел ва мунпагIат босулел варанабазул пикру кин гьабулареб нужеца? Нужеда Аллагьасул ﷻ къудрат ва хIалкIолъи бичIчIизе букIине. ХIакълъунго, варанаби гIажаибаб махлукъат буго. Гьезда жаниб кутакаб къуват буго ва кIудияб манзилги нахъа тезе кIола. ТIадежоялъе, бакIаб жоги баччула гьез ва загIипав чиясеги мутIигIлъула. Гьелъул расалдаса ва рахьалдаса пайда босула». ШурайхI Къазияс абулаан къватIире рахъаян варабаназухъ балагьизе, кин гьел рижун ругелали бихьизе. Гьелъие гIоло гьелда абула салул гамийилан. Гьелда гIемераб заманалъ багIарараб бакIалда къеч кквезе кIола.

Варанаби рикIкIуна жидедаса закагIат бахъизе кколел хIайваналлъун. Гьединго гьезул гьан кваназе хIалалаб буго.

«Гьал зобал киндай Аллагьас тIаде рорхун ругелали щай балагьуларел? Гьал мугIрул кин рахъун чIезарун ругел? Гьаб ракь кин тIибитIун бугеб?» Щай гIадамаз хал гьабулареб ва гьелдаса вагIза-насихIат босулареб? Гьел мугIрул Аллагьас магI гIадин гьаруна, ракь багъарун, нилъее квалквал гьабичIого букIине. Жеги гьезда жанир гьаруна батIи-батIиял магIданал, нилъеца пайда босулел.

«Мун гьезде тIаде тIамурав гьечIо, гьезда хIал гьабун исламияб дин босизабизе». Дуда цохIо гьезде щвезабизе гурони тIадаб жо гьечIо, Нижеца (Аллагьас) гьезда тIад хIисаб гьабизе буго.

«Амма жидеца Аллагьасда инкар ккурал ва дур вагIза-насихIаталдаса руссарал гIадамазе Аллагьас цIакъ кIудияб гIазаб гьабизе буго». «ХIакълъунго гьел киналго Ахираталда, Диде руссине руго. Дица гьабизе буго гьезул хIисабги».

Киназего рекъараб жазаъ гьабизе буго. ЛъикIал гIамалазухъ лъикIаб, квешал гIамалазухъ квешаб.

Гьаниб нилъее дарс буго, ахир-къадги нилъ рижарав Аллагьасухъе ине руго. Нилъехъе кьезе руго гIамалал хъварал тIахьал яги кваранаб рахъалдасан яги квегIаб рахъалдасан. Кваранаб рахъалдасан кьуни - рохел букIина, квегIаб рахъалдасан кьуни - пашманлъи букIина.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....