Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ течIеб как

Аварагас ﷺ течIеб как

Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.

 

Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул как боголил какде босани, дагьабго кьижун хадуб гьесул ихтияр буго тагьажуд базе, хIатта боголил мех щвечIониги. Гьеб буго хасгьабун сапаралда вугев чиясул хIукму.

Къаси ворчӀун хадуб бокьараб балеб какалъухъ, букIа гьеб бецIун балеб, яги витру, ялъуни цогидал суннатал какал, бусурбанчиясе щола тагьажудалъул какил кири.

Тагьажудалъул ракагӀатазул къадар чӀезабун гьечӀо. ГӀемер барабгIан лъикӀаб букӀуна. Цо-цо гӀалимзабаз абуна бищун дагьаб кӀиго, бищун цӀикӀкӀун анцӀила кӀиго, гьоркьохъеб анлъго ракагIат бугин.

Тагьажуд гьоркьоса къотӀичӀого балеб чиясе гьеб тезе рекъарабги гьечIо.

Цо нухалда Аварагас ﷺ ГӀабдуллагь ибн ГӀумарида абула: «Мун вукӀунге сардилъ (тагьажуд как базе) вахъун, цинги гьеб толев чиясда релълъаравлъун», - ян. (Бухари)

Тагьажудалъе гьабизе хасаб ният гьабизе тӀалъуларо. Жибго суннатаб как базе абун ният гьабуниги гIола. Бищунго лъикӀаб буго гьеб кӀиго ракагӀаталде бикьун, щибаб кӀиго ракагӀаталда хадуб «салам» кьун бани. 

Кьижилалде цебе щулияб къасд букӀине ккола къаси ворчӀизе ва тагьажуд базе. Амма къаси вахъинчӀониги, Аллагьас ﷻ гьесие тагьажуд бараб гӀадин кири кьола.

Къуръаналдаги хӀадисалдаги чанго нухалъ рехсон буго макьидаса ворчIун хадуб къаси балеб какил пайдаялъул хӀакъалъулъ.

Муслимица бицараб хӀадисалда буго: «Паризаял каказдаса хадуб бищунго къиматаб каклъун ккола къаси сардилъ балеб как, ай тагьажуд».

Дайламица бицараб хӀадисалда буго: «Сардилъ ворчӀараб мехалъ, бищун дагьаб кӀиго ракагӀат базе ккола. Къаси ралел каказ мунагьаздаса вацӀцӀад гьавула, Аллагьасул ﷻ ццин бахъин дагь гьабула, жужахӀалъул цӀадул хинлъи дагь гьабула», - ян.

Тирмизицаги, ХӀакимицаги, АхӀмадицаги бицараб цоги хӀадисалда буго: «ХӀаракат бахъе сардилъ рахъун как базе, гьедин гьабулеб букIана нужеда цере рукӀарал бищунго лъикӀал, ритӀухъал гӀадамаз. Гьелъ нуж Аллагьасде гӀагарлъизарила, нужер мунагьал чурила, нуж унтабаздаса цIунила», - ян.

Къаси тагьажуд базе бокьарав чи ватани, лъикӀаб букӀуна гьел рорчIизаризеги. Гьеб буго Аварагас ﷺ тIадчIей гьабураб как.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...