Аслияб гьумералде

Тарбия

 Тарбия

Тарбия

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасе кьурал нигIматазул цоялдасан ккола лъимал. БитIараб тарбия кьеялдалъун лъимал лъугьуна Аллагьасул ﷻ ва Аварагасул ﷺ нух ккураллъун. Исламалда лъимал ккола Аллагьас ﷻ нилъехъе кьураб аманат. Гьединлъидал эбел-инсуда тIадаб буго Аллагь ﷻ разияб хIалалъ гIисиналгун рукIа-рахъине.

 

БитIараб тарбия абураб жоги цо-цо умумузда мекъи бичIчIулеб буго. Лъималаздехун хъачIго вукIин, гьезде вагъи, мекъаб жо гьез гьабидал кьаби, рокъор расандизе риччангутIи ва жалгоги гьелгун расандунгутIи ва гьелда релълъараб битIараб тарбия бугин кколеб буго гIемерисезда. ГIемер рагIула абулеб гIолилаз жеги лъималазда убачцин гьабичIин абун. Цинги, саназде рахиндал, къваригIуна нилъее гьеб куцалда хъачIлъиялда хьихьарал лъимал нилъеда гурхIун, адабалда рукIине. Гьайгьай гьеб кколаро лъималазе кьолеб битIараб тарбия. Лъималазе кьолеб битIараб тарбиялъулъ дунял-гIаламалъего мисаллъун вуго хирияв Бичасул Расул ﷺ. Аварагасе ﷺ лъимал рокьулаан, гьелгун васандун заман инабизеги бокьулаан. ГIисинго рукIаго бищун лъималазе хIажатаб жо буго эбел-инсул рокьи ва хIеренлъи.

Абу Гьурайратидасан бицана: «Яс ФатIиматихъеги вачIун Аварагас ﷺ ахIана: «Лъимал ругищ гьанир?» - илан. КIудадал гьаракь рагIидал ФатIиматил вас ХIасан, рохалилаб гьаркьидалъун, Аварагасухъе ﷺ вортана ва гьесда ﷺ хурхана. Аварагги ﷺ гьесда къочана», - ян (Муслим).

ГIагарал лъималазда гуребги цогидаздаги гурхIулаан Авараг ﷺ ва рокьи загьир гьабулаан. Усама ибн Зайдица бицана: «Бичасул Расулас дунги гьесул ﷺ ясалъул вас ХIасанги жиндирго ﷺ накабазда гIодор чIезарулаан. ЛъикIаб хIалалдаги къочун, дугIаги гьабун, абулаан: «Я Аллагь ﷻ, Дурго ﷻ рахIму-цIоб гьал лъималаздеги биччай, дие гьел кутакалда рокьулелъул», - илан (Бухари).

Лъималазда цевесан унаго Аварагас ﷺ гьезие салам кьолаан, цинги гьездехун вуссунаан. РикIкIадаб сапаралдаса вачIиндал рукъалъул агьлуялъул лъималгун дандчIвалаан. Хъизан-лъималазда бищун гурхIулевлъун вукIана нилъер сайид ﷺ. ГIисинал лъималги рачун Аварагасухъе ﷺ рачIиндал, кодоре рачун дугIа гьабулаан, кIалдиб гьуинлъи бахунаан. Ансаразухъе гьоболлъухъе щведал, гьезул лъималазе салам кьун, бутIрузда квер бахъулаан. Уммусаламатил яс Зайнабгун васандун, Аварагас ﷺ гьелда чанго нухалъ хIеренго абуна «Зувайнаб, я Зувайнаб», абун, ай цIар хIеренго абун.

Цо къоялъ Авараг ﷺ какилъ вукIаго тIаде вачIана ясалъул вас ХIасан. Васандулаго гьев Аварагасул ﷺ мугъзаде вахана. Гьев гIодове рещтIинегIан Авараг ﷺ суждаялда чIана. Цинги, какдаса салам кьедал, аскIор ругел цо-цо асхIабзабаз абуна: «Я Бичасул Расулﷺ, дуца сужда халат бахъинейищ гьабураб?» - илан. Жаваб гьабун Аварагас ﷺ абуна: «Дир вас мугъзаде вахана ва гьев гIедегIизавизе дие ﷺ бокьичIо», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...