Аслияб гьумералде

Инсан тIадегIан гьавулеб гIамал

Инсан тIадегIан гьавулеб гIамал

ЧIухIи гьечIолъи ккола инсан берцин гьавулеб ва гIадамазул ракIал рагьулеб тIабигIат. ЧIухIи гьечIев чияс жиндирго рагIабазул ва гьарулел ишазул хIисаб-суал гьабула. ЧIухIи гьечIолъи ккола инсанасул тIабигIат битIараб букIиналъул гIаламат ва гьелъул хIасилги ккола гIадамаздехун ва ТIадегIанав Аллагьасдехун ﷻ гIамал берцин гьаби.

Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ диде вахIю гьабуна цояс цогидазда тIад чIухIи бихьизабугеян ва цоцазе зулму гьабичIого нуж гIодоре риччан рукIаян», - абун (Муслим, Абу Давуд, Ибн Мажагь).

Хирияв аварагасул ﷺ гIумруялъул халгьабидал нилъеда халлъула гIадатияв инсан гьев вукIаравлъи. Я кванилъ, я ратIлилъ, я мина-рукъалъулъ гIадатиял гIадамаздаса ватIа вахъулароан. Кваналеб мехалдаги гIодове виччан ва гIодов чIун кваналаан. Аварагас ﷺ абулаан: «Дун вуго Аллагьасул ﷻ лагъ, лагъ гIадин гIодов чIола ва лагъ гIадин кванала», - ян.

«Хан-авараглъунищ ялъуни лагъ-авараглъунищ дуе вукIине бокьилеб?» - илан цIехедал, аварагас ﷺ абуна, лагъ-авараглъун вукIине бокьилин абун.

Мажгитал ралелъубги, Мадина шагьаралда сверухъ хандакъал рухъулелъубги, кигIан захIмалъиялда ругониги, хирияв аварагги ﷺ цадахъ хIалтIулев вукIунаан. Кумек гьабизе нахъа чи гьечIезул, къоролзабазул гьариялъе кидаго жаваб гьабулаан. Киве гьез ахIаниги ахIаралъуве унаан ва къваригIелги тIубалаан. Аварагас ﷺ хьитал рукъулаан, рокъоб гьабулеб хIалтIуе хъизаналъе кумек гьабулаан, хIамида рекIинеги чIухIулароан.

Мискин-пакъирал унтидал гьезухъе зияраталъги ун, гьезул унтараб бакIалда кверги лъун, Аллагьасда гьарулаан сахлъи кьеян. Мискин-пакъирасцин шагьаралъул цояб рагIалде гьоболлъухъ ахIидал, авараг ﷺ гьениве унаан. Гьесул ﷺ берцинаб гьумер бихьун пуланав чи сородун лъугьиндал, аварагас ﷺ абуна: «ГIодове виччай, дун я хан, я зулмучи гуро. Дун вуго бакъвараб гьан кваналей гIадатияй къурайшиялъул вас», - илан.

ГIадамазде аскIове вачIиндал гьел тIаде рахъинеги аварагасе ﷺ бокьулароан. Гьес ﷺ абулаан: «ЧIухIарав чи Аллагьас ﷻ гIодовегIан ва чIухIи гьечIев тIадегIан гьавула», - ян.

ТIаде гIадамал рачIиндал, цогидазда тIадкъачIого, аварагас ﷺ жинцаго гьабулаан гьезие хъулухъ.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...