Аслияб гьумералде

ЛъикIлъи босе

ЛъикIлъи босе

Сундулъго сабру гьаби буго бусурбабазул хасият. Бихьараб берцинго баччи, къо хIехьей буго чи берцин гьавулеб гIамал, бусурбанчиясул къуват, иман. ТIаде бачIараб иш бихьун рахIатхун лъугьин буго рекъечIеб гIамал, жинца Аллагьасул ﷻ ццим бахъинабизе бегьулеб. Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Берал гIодула, ракI къварилъула, амма нилъеца гIицIго Аллагь ﷻ разияб калам гьабила», - абун.

 

Муслимидаса бицараб хIадисалда буго: «Муъминчи вуго жиндир иш гIажаибавлъун. Кинаб ахIвал-хIалалде кканиги, цогидазе кьечIеб, хасаб нигIмат буго гьесие. Цо ишалъ жив вохизавуни гьес Аллагьасе ﷻ шукру гьабула, хадуб гьеб гьесие нигIматлъун лъугьуна. Балагь тIаде бачIани, гьелдеги сабру гьабула ва гьебги нигIматлъун лъугьуна. Халикъасе ﷻ гIадамал рокьулеб мехалъ, Гьес гьезул хIалбихьизе тIаде риччала балагьал. Гьеб хIукмуялда разилъи загьир гьабуни, гьезие Аллагьасул ﷻ разилъи щола. Ццим бахъин, сабру гьечIолъи бихьизабуразда, БетIергьанасул ﷻ рази гьечIолъи ва ццин бахъинги бихьула», - абун.

Аварагас ﷺ абулеб рагIун букIанин абун Умму-Саламаца бицун буго: «Кинав вугониги лагъасде Аллагьас ﷻ балагь биччайдал ва гьес абуни: «Инна лиллагьи ва инни илайгьи ражигIун» (нилъер рукIа-рахъин Аллагьасе ﷻ буго, ахир руссинги Гьесдего буго), я Аллагь ﷻ, гьаб тIаде бачIараб Дуца ﷻ дие мунагьал чуризелъун гьабе, гъоркь букIаралдаса лъикIаб тIадеги кьеян, Аллагьас ﷻ гьесие лъикIаб жазаъ гьабила ва цебе букIаралдаса лъикIаб тIадеги кьела», - ян.  Хадубги Умму-Саламаца бицун буго: «Абу-Салама хведал, дица Аварагас ﷺ абулеб рагIун букIараб гьабуна. Аллагьас ﷻ дие гьесул бакIалда жеги лъикIав хисун Аллагьасул расул Аварагги ﷺ кьуна», - ян. Умму-Салама ккола УхIудалъул гъазаваталда рос шагьидлъун хадуй Аварагас ﷺ лъадилъун ячарай гIадан.

Зайдил вас Усамаца бицун буго Аварагасул ﷺ яс Зайнабил вас хвалде гIагарлъун вугеб мехалъ, гьелъ Аварагасда ﷺ хадув чи витIанин. Амма Аварагас ﷺ гьев чи, дир саламги бице гьезда ва гьал рагIабиги абеянги абун, нахъе витIана: «Аллагьас ﷻ заманалъ нилъехъе кьураб хадуб нахъеги босараб жо Гьесие буго. Щибаб жоялъе бихьизабураб заман букIуна», - ян. Гьединлъидал сабруги гьабе ва Аллагьасул ﷻ ажруялде хьулги лъеян абун.

Аварагас ﷺ абулаанин Абу-Гьурайратица бицун буго: «Бусурбабазде, гьезул боцIи-малалде, наслуялде тIаде рачIунел хIалбихьиял къотIуларо, гьез Аллагьасда ﷻ мунагьаздаса рацIцIадаллъун дандчIвай гьабизегIан», - абун (Тирмизи).

Жеги абулеб буго: «Лагъасе лъикIлъи бокьидал Аллагьас ﷻ гьесие гьанибго гIакъуба гьабула, квешлъи бокьидал, Къиямасеб къоялде нахъбахъунги тола», - ян.

Аллагь ﷻ гурхIаги!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...