Аслияб гьумералде

Ахирисеб сапар

Ахирисеб сапар

Ахирисеб сапар

Цо къоялъ хоб бухъулел гIадамал рихьидал, хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Я дир вацал, гьалда релълъаралде нуж хlадурлъе», - ян.

 

Хвалде хIадурлъи букIуна лъикIал гIамалал гьариялдалъун, къабихIал гIамалаздаса рикIкIалъиялдалъун, мунагьаздаса вуссун тавбуялде хехлъи гьабиялдалъун, гьелда пашманлъун, тIокIалъ гьелде вуссинарин къасд гьабун, зулму гьабун щвараб тIадбуссинабун, гъибат-бугьтан, рогьо баялдаса хIалаллъи тIалаб гьабун.

Чиясда тIад батани бецIизе гIемераб жо, ялъуни гьеб бецIулаго гIемераб заман унеб бугони, тавбу къабуллъиялъе гьесие гIола бецIизе къасдги гьабун бецIизе лъугьин. БецIулаго хвани, гьев гIасиявлъун холаро.

Унтарав чиясе цIакъго кIвар бугеб жо буго хвалде хIадурлъи, гьев хвалде гIагарав вугелъул.

Суннатаблъун ккола унтуе сабру гьаби. Сабру хун, цогидазе унтул бицун зигардизе лъикIаб гьечIо.

Хвалил унти чIварасе лъикIаб буго напс хвалде хIадуризе. Къуръан цIалун, зикру бачун, хасго Къулгьу, аятул-Курси цIалун, сура «Ал-ХIашруялъул» ахир цIалун.

«ФатхIул МугIин» абураб тIехьалда буго: «Хвалил унтулъ нусго Къулгьу цIаларав хабал питнаялдасаги хобалъ данде къаялдасаги цIунула. СиратIги гьес малаикзабазул кодов вукIун бахуна. Унтидал кIикъого нухалъ Сура «Ал-Анбияалъул» 87 аят цIаларав хвани, гьесие шагьидасул ажру буго, сахлъани - мунагьал чураравлъунги сахлъила», - ян.

Хвалил гIаламатал загьирлъун ругони Аллагьасе ﷻ рецц гьабила. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер цонигияв хоге абе, Аллагьасдехун ракIбалагьи лъикI гьабун гурого (Аллагь дида гурхIилин, Аллагь дида тIаса лъугьинин)», - ян. (Муслим)

Гьеб гIужалъ рекъараб буго хIинкъиялъул рахъалдаса хьулалъул рахъ бергьинабизе. ХIинкъи бергьиналъул унтарасе пайда гьечIо, сахасул гIаксалда. Сахав чияс кIиябго бащад гьабила. ХIинкъиялъ лъикIаб гьабиялде, квешаб теялде тIамизе хьулалъ, Аллагьасдаса хьул къотIиялдаса вахъизе.

Унтидал, гьаб жиндир гIумрудул ахир букIиналъул пикру гьабизе лъикIаб буго. Гьебги жинца лъикIлъиялда тIубазабизе, каказда тIадчIей гьабизе, нажасал жалаздаса рикIкIалъизе, гьелъулъ кIарчанлъи гьабичIого букIине. КъабихIаб жо буго гIумрудул ахир Аллагьасул ﷻ хIукъукъазулъ кIарчанлъи гьабулаго ин.

Жиндирго агьлуялде, жив къадаралде щведал сабру гьабеян, васият гьабизе, гIодугеян ва гьеб гуребги шаргIалда данде кколарел жал гьаругеян васият гьабизеги суннатаб буго. Гьединго лъикIаб буго жиндехун хурхен бугев чи рази гьавизе: чIужу йикIа, лъимал рукIа, мадугьал вукIа, гIагарав, гьудул-гьалмагъ вукIа.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...