Аслияб гьумералде

Хваразе пайдаялъе

Хваразе пайдаялъе

Инсанасул жаназаги хабалъ лъун тIаде ракь хъвайдал ва гIадамалги гьениса руссиндал, ТIадегIанав Аллагьас хварасда рухI лъола ва гьев лъугьуна кинабго сверухъ лъугьунеб жинда бичIчIулевлъун.

Гьеб мехалъ гьесухъе рачIуна хабалъ цIех-рех гьабулел кIиго малаик - Мункар ва Накир. Дур БетIергьан щив, дур дин щиб ва дур авараг щивин суалал кьола гьез. Ракьалда ругел гIадамазул цонигиясда гьеб лъугьа-бахъин бихьуларо ва рагIуларо. Цебе рехсараб хIалалъ цIех-рех Мункар- Накирас гьаби кьучIал хIадисазги тасдикъ гьабун буго. Гьелда иман лъезеги щивав бусурманчиясда тIадаб буго. Гьелда божунгутIиги инсанасул иманалъул мукъсанлъи буго.

Анас бин Маликица бицана аварагас абунин: «Аллагьасул лагъ хабалъ лъедал ва гьесул гьалмагъзаби мугъги кьун нахъе унаго, хварасда гьезул хьитазул сас рагIула. КIиго малаикги вачIун, гьез цIехола: «МухIаммад абурав чиясул хIакъалъулъ щиб дуца абулеб букIараб?» - илан. Жаваб гьабун гьес абула: «Дица нугIлъи гьабула Аллагьасул лагъ ва Гьесул Расул гьев вукIиналъе», - ян. Гьеб мехалъ гьесда абула: «ЖужахIалда дуе букIараб бакIалъухъ валагье… Аллагьас дуе гьеб хисана Алжаналъуб бугеб бакIалъухъ», - илан.

Цинги Бичасул Расулас абуна: «Гьеб кIиябго бакI гьесда бихьизе буго. Капурчияс ва мунапикъас малаикзабазе жаваб гьабула: «Дида лъаларо, гIадамаз абураб такрар гьабулаанха дицаги», - ян. Цинги гьесда абула: «Дуда лъалароан ва мун нахъвилълъинчIо!» - ян. Цинги кIиябго гIиналда бакьулъ кьабула маххул гьецIокъ ва гьесул гьаракь гIадамазда ва женазда хутIун, сверухълъиялда ругезда рагIула.

Гьединлъидал цIакъ беццараб буго нилъер гIагарал, гьудул-гьалмагъазаби ва нилъее рокьулел гIадамал рукъидал киналго гьениса индал, дагьалъ чIун, хварасул мунагьал чуреян дугIа гьабизе ва Аллагьасда гьаризе Мункар-Накирасул суалазе жаваб битIун кьезе тавпикъ кьеян. Гьаб хадуб рехсараб дугIа цIализеги цIакъго беццараб буго:

«Аллагьаумма саббитгьу (гьа) гIалал хIакъкъи ва лакъкъингьу (гьа) хIужжатагьу (гьа) вагъфир лагьу (гьа) вархIамгьу (гьа). Аллагьумма бихIакъкъи МухIаммадин ла тугIаззиб гьазал маййит», абун.

ЖАБИР МАЖИДОВ,

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...