Аслияб гьумералде

Хвалде хIадурлъи

Хвалде хIадурлъи

Цо къоялъ хоб бухъулел гlадамал рихьидал, магIуги чваххулаго, аварагас ﷺ абуна: «Ле, дир вацал, гьалда релълъаралде нуж хlадурлъе», - ян. (Бухари)

Хвалде инсан хlадурлъула лъикlал гlамалал гьариялдалъун, къабихlал гlамалаздаса рикlкlалъиялдалъун, тавбуялде хехлъи гьабун, мунагьаздаса вуссун, тlокlалъ гьелде вуссинарин къасд гьабун, зулму гьабун щвараб тlадбуссинабун, гъибат-бугьтан, рогьо баялдаса хlалаллъи тlалаб гьабун.

Унтарав чиясеги, гьев цIикIкIун хвалде гIагарав вукIиналъ, цlакъго кlвар бугеблъун ккола хвалде хlадурлъи. Унтуе сабру гьабила, гьелъул бицун цогидазе зигардиларо. Кинниги тохтурас, гьудул-гьалмагъас яги гlагарав чияс гьесул хlал, унтулеб бакl цlехани, гьединазда бицина сабру хвезе течIого, ахIвал-хlал лъазе бицунеб бугони. Къуръан гIемер цIалила, зикру бачина, лъикlал чагlиги гьезул хвалда аскlор рукlарал хlалалги ракlалде щвезарила, хасго Къулгьу, аятул-Курси, суратул-Хlашруялъул ахир цlалун. «Ла илагьа илла анта субхIанака инни кунту мина ззалимин» абураб дугIаги гIемер гьабизе лъикIаб буго.

«Фатхlул Мугlин» абураб тlехьалда буго: «Хвалил унтулъ вугес нусго Къулгьу цlалани, хабал питнаялдасаги хобалъ данде къаялдасаги цlунаравлъун вукIина, Сиратlги гьес малаикзабазул кодов вукlун бахина», - ян.

Хвалил гIаламатал загьирлъарасе Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе, ракIбалагьи лъикI гьабизе рекъола. Аварагас абуна: «Холеб гIужалъ Аллагьасдехун ﷻ ракlбалагьи лъикl гьабе», - ян (Муслим).

Гьеб гlужалъ рекъараб буго хlинкъиялъул рахъалдаса хьулалъул рахъ бергьинабизе. Хlинкъи бергьиналъул унтарасе пайда гьечlелъул. Сахав чияс кlиябго бащад гьабила, хlинкъиялъ лъикlаб гьабиялде квешаб теялде тlамизе, хьулалъ Аллагьасдаса ﷻ хьул къотlиялдаса вацIцIалъизе.

Чlаго хутlиялдаса хьул къотlарав чиясе суннатаб буго гьал рагlаби абизе: «Я дир Аллагь ﷻ, хвалил мехтелазулъги балагьазулъги Дуца ﷻ дие кумек гьабе. Я дир Аллагь ﷻ, Дуца ﷻ дир мунагьал чуре, Мун ﷻ дидаги гурхlа, Дур ﷻ тlадегlанаб гьалмагълъиялдеги щвезе гьаве», - ян.

Гьединго лъикIаб буго жиндирго агьлуялде васият гьабизе жив къадаралде ккедал сабру гьабеян, гlодугеян ва гьеб гуребги шаргlалда данде кколарел жал гьаругеян. Жиндехун хурхен бугев чи рази гьавила: хъулухъчи вукlа, чlужу йикlа, вас вукlа, мадугьал вукlа, гlагарав, гьудул-гьалмагъ вукlа.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...