Аслияб гьумералде

Авалалда – вагIза, Ахиралда – баракат

Авалалда – вагIза, Ахиралда – баракат

Жакъасеб къоялъ насихIаталъул куц-мухъго биххун бугин абизе бегьула. Щайгурелъул, гIемерлъун ругелъул интернеталдасан гьарулел насихIатал. Гьебги кин гьабулеб? Чиясухъа ккараб квешлъи, гъалатI бихьизабулеб буго гIадамал релъанхъизе тIамизелъун ва подписчикал гIемерлъизелъун. ГьитIинаб жо бугин кканиги, хIакъикъаталдаги гьеб буго гIезегIан кIудияб жо ва гьелъухъ къиямасеб къоялъ жаваб кьезе ккезеги буго.

Нич, яхI ва намусцин бичулеб буго социалиял гьиназдасан, гьебгиха машгьурлъизе ва гIарац гьабизе бокьиялъ.

ГIумар-асхIабас абуна: «Нужеда нужерго вац гъалатI ккун вихьидал, гьесие кумек гьабе витIун хьвадизе, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ дугIаги гьабе гьеб гIамал тун Аллагьасе ﷻ гьес тавбу гьабизелъун. Нужги рукIунге шайтIаналъул кумекчагIилъун нужерго диналъул вацазда тIад», - ян. ГIадамазул гъалатIал цере лъолезда шайтIабазул солдаталин абун гурони цоги щиб цIарха лъелеб? Гьениб цо рахъалъ нилъедаги гIайиб буго. Нилъее гьединал роликал рокьулел руго ва гьезухъ ралагьулелги руго. Рокьулел рукIинчIелани гьезги гьединал роликал лъезе рукIинчIо. Хайир гьечIеб жо гьезги гьабилищха.

Абу Дардаъ-асхIабасул руго гьадинал рагIаби: «Балъго насихIат-вагIза чиясе гьабурас гьесдехун кутакаб берцинлъи гьабуна. ТIатун, гIадамазда бихьун гъалатI битIизабурас гьоркьоблъи хвезаби бижизабуна», - ян. Нилъее бокьула гIадамазда рихьизелъун гIайибал чIвазе. Гьедин бегьуларо.

Жакъа нилъеда гьоркьоб гIемер тIибитIараб унти буго чай гьекъолаго гIагарлъи ва росуцоял каки, гьеб гъибат кколеблъи лъалеб бугониги. Гьединлъидал, нилъеца гьеб хабар чIезабизе ккола нилъго мунагьалда гIахьаллъизе бокьун батичIони. Щайгурелъул, мекъаб жоялда тIад кIалъачIого чIарав чи гьелъул гIахьалчилъун лъугьунелъул.

Салафу-салихIуназ насихIат гьабулаан берцинго ва балъго. Дандияс гьеб къабулги гьабулаан. Ибну Мубаракида гьикъула гIамалазул лъикIаб щиб кколебилан? Гьес абула Аллагьасе ﷻ гIоло насихIат гьаби бугин абун. ГIадамал дагIбадизе лъугьиндал, хIасил щиб кколеб? Авалалда дагIбади букIуна, бакьулъе щведал - живго кIодолъун вихьула ва ахиралда - цоцаздехун рокьукълъи баккула. Гьеб кинабго гьукъарабги буго. НасихIат гьабиялда жаниб авалалда буго вагIза, ахиралда - баракат. ГIисада гьикъула Аллагьасе гIоло насихIат гьабулев чи щив кколевилан абун. Аллагьасул хIакъ гIадамазул хIакъалдаса цебе гьабулев чи вуго, гьесие зарал кканигийин жаваб гьабула ГIисаца. НасихIат гьабизе лъазе ккола, насихIат гьабулев вугинги абун кинабго жо хвезабизеги рес букIунелъул. ГIадамазул лъикIал рахъал гурони рихьулареллъун гьареги нилъ Аллагьас ﷻ.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...