Аслияб гьумералде

ГIибадаталъ ул ракI

ГIибадаталъ ул ракI

Нилъ киналго ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ хIажатал руго. БетIергьанасги ﷻ абула нужеца Жинда гьарани, жаваб гьабулин. Гьединлъидал нилъеца дугIа гьабизе ккола. Хасго захIматаб гьаб заманалда. ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул жанисеб хIакъикъат, гьелъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъиги, гIодовегIанлъиги, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъиги, Аллагьасул бечелъиги, Гьев сундего хIажалъунгутIиги загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьас кьураб гурони, щибго жоги щоларо.

Гьес кьураб гьукъизеги, гьукъараб кьезеги кIолев чи зоб-ракьалда щивниги гьечIо. ХIатта, хьитазул чIалал рухьунеб мехалъцин Аллагьасдаса ﷻ букIин бихьизе ккола. Щайин абуни, Гьесул къудрат гьечIого нилъеда щибниги гьабун бажаруларо. Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабурав, Гьесдаса кумек гьарарав чи Аллагьас ﷻ хьул къотIун толаро. Цогидал ханзабазда гьардаравгIан лагъ рихуна, ТIадегIанав Аллагьасе лагъ, Жинда гьардаравгIан, вокьула. Цогидал ханзабазул, жидеда гьардани ццим бахъуна, ТIадегIанав Аллагьасул, Жинда гьардечIони, ццим бахъуна. Муъминчиясул цониги дугIа гIадада толаро.

Гьес гьарараб жо кьечIонигицин, жибго дугIа гьаби гIибадатлъун хъвала. ГIатIилъиялда, сах-саламатго вугеб мехалъ Аллагьасде ﷻ кидаго гьардолев муъминчи, къварилъиялде ккараб мехалъ Аллагьас гьесул дугIа къабул гьабула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жинда гьарараб жо, яги гьарараб сагIаталъ кьола, яги гьеб гьарараб жоялда релълъараб тIаде бачIунеб квешлъи гьесдаса нахъчIвала, яги гьараралдасаги цIикIкIараб ахираталда кьола.

ХIадисалда буго: «Нужер цоясул дугIаялъе жаваб гьабула, гьес мунагь бугеб жоялдалъун яги гIагарлъиялъулгун бухьен тIезабулеб жоялдалъун дугIа гьабичIебгIан заманалда», - абун. Аллагьасул ﷻ къадарги дугIаги къиямасеб къо чIезегIан цоцалъ хIалтIулел рукIуна.

ДугIа гьабулевги вукIаго лагъ гьалаглъуларин хIадис буго. Вализабазул цояс абулеб буго жив хIинкъуларила дугIа къабуллъичIого хутIилин абураб жоялдаса, жив хIинкъулила дугIа гьабичIого хутIилин абуралдаса. ДугIаялъ тIаде бачIаралъеги бачIине бугелъеги мунпагIат гьабулин буго хIадис. ХIатта, мунагьал цIикIкIунин абунги дугIа къабуллъиялдаса хьул къотIугеян буго. Иблисалъ жиб къиямасеб къо чIезегIан чIаго теян гьарараб мехалъ, аллагьас ﷻ гьелъул гьарицин къабул гьабунила.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...