Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

ГIалимзабазул султIан имам ГIизуддин ибну ГIабду-саламица абуна: «Суфизаби руго, дунялгун ахират хвезе течIого, шаригIаталъул хIукмаби ккурал чагIи. Цогиял абуни руго диниял гIадатал ккураллъун. Суфизабаздаса лъугьунел караматалгун гIадаталдаса рахъун ккарал жалаз гьеб баянги гьабулеб буго…», - ян.

 

Ибну Халдуница абуна: «Гьаб буго миллаталъулъ баккараб шаргIиял гIелмабазул цо гIелму. Гьелъул аслуги, гьаб къавмалъул тIарикъат буго жиб салафу-салихIуназулъги гьездаса чIахIиязулъги, гьединго, табигIиналгун сахIабазулъги жиб букIараблъун бугеб. ЛъикIалде тIоритIиялъул ва хIакъаб жоялъул нух. Гьелъул аслуги буго гIибадаталда чIей, Аллагь ﷻ тун батIиялдаса Гьесде ﷻ свери, дунялалъул берцинлъабаздаса руссин ва гIадамал жинде гьетIизарулеб лазатаздаса, боцIи-малаздаса, тIадегIанлъиялдаса зугьд гьаби, гIибадаталъе халваталъулъ халкъалдаса гIицIлъи. Гьеб жоги букIана салафуназулъгун асхIабзабазулъ тIибитIараблъун. КIиабилеб, лъабабилеб гIасруялъулъ гIадамазул дунялалде руссин тIибитIараб гIадатлъун лъугьиндал, гIибадат гьабиялда ругезда абизе байбихьана суфизабийин абун».

Сайид хIафиз МухIаммад Сидикъ ал-Гъамариясда цIехедал тасаввуф бугищин Аллагьасул ﷻ рахъалдаса илгьам гьабун бачIараб жойин абун, гьес гьадинаб жаваб гьабуна: «Тiарикъаталъе тIоцебе кьучI лъурав чи нилъеда лъала ва гьелъул байбихьи зодоса вахIю бачIараб МухIаммадияб диналъул аслуялдаса буго. Шайгурелъул, щаклъи гьечIого гьеб буго ихIсаналъул макъамалда, гьединаб ихIсан диналъул рукнабазул цояблъун бугеб, жибги Аварагас ﷺ, диналъул кIиябго тIоцебесеб рукну баян гьабун хадуб, рехсей гьабиялдалъун мухIкан гьабураб: «Гьев вукIана (асхIабзабигун гIодор чIараб бакIалде Аварагасухъе ﷺ вачIана цояв ва цIех-рех гьабуна диналъул. Гьесие жаваб гьабун Бичасул Расуласги ﷺ бицана щиб кколебали иман, ислам, ихIсан) ЖабрагIил малаик, нужеда дин малъизе вачIарав. Гьебги ккола иман, ислам, ихIсан. Ислам буго тIагIат ва гIибадат. Иман – у рва гIакъидат. ИхIсан – макъам, муракъабат ва мушагьадат (Аллагьасда ﷻ вихьулев гIадин ихласалда гIибадат гьаби).

Агьлу-суннаталъулъ суфи абун тIоцебе жинда цIар тарав Абу-Гьашим ас-Суфияв вуго. Гьев вукIана гIадамаздаса ватIачIарав, калам лъикIав…», - абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...