Аслияб гьумералде

ЛъугIизе тоге…

ЛъугIизе тоге…

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Адаб гьабиялъ гурони чи тIадегIанлъичIо ва гьеб теялдалъун гурони гIодовеги вортичIо», - абун.

Адаб буго инсан берцин гьавулеб гIамал ва гIадамазе жив вокьизе гьавулеб пиша.

 

Диналъ ва рукIа-рахъиналъ гIадан ахIула чIахIиял чагIазул адаб гьабиялде. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго Тирмизияс бицараб хIадисалда рехсаралъги: «Нилъедаса гуро гIисиназдаги гурхIуларев, чIахIиязул къиматги гьабуларев чи», - ян абураб.

Адаб цIуни буго чиясулъ ругел хасиятазул бищун берциналдасан. Гьеб гIамал жиндилъ бугев гIадамазда гьоркьов къимат бугевлъун вукIуна, гIисиназ мисалги босула гьесдаса. Адаб гьечIев чи вукIуна гьабулеб гIамал хъачIав, бицунеб рагIи аскIов вугесул рекIелъе бортуларев, гIисиназде хичулев, жив вихьичIониги ургъел гьечIев. Гьединаллъун рукIиналдаса Аварагасги ﷺ цIуни тIалаб гьабулаан.

Бищун жидедехун адаб цIунизе кколел руго эбел-эмен. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабе Гьесдехун щибго (гIибадаталъулъ) гIахьалги гьабуге ва эбел-инсудехун лъикIаб тIабигIаталдалъунги рукIа…», - абун (сура «ан-Нисаъ», аят 36).

Эбел-инсуе лъикIлъи гьаби, гьездехун берцинаб рукIа-рахъин, адаб бихьизаби Аллагьас ﷻ Жиндиего лагълъи гьабиялъул ва шарик гIахьал гьавизе бегьунгутIи бичIчIизабулеб бакIалда аскIоб рехсана. ГьедигIанги кIвар бугеб жо ккола эбел-инсул адаб гьаби.

Лъидаго кIочене бегьуларо живгоги санаде вахине вугеблъи, гьелдаса босун букIине ккола цогияздехун гьабулеб берцинаб гIамал, цIикIкIарасдехун адаб. ГIолохъанлъуда нилъеца гьабуралда релълъараб гьабула нилъееги хадусеб гIелалъ. 

ХIадисалда буго: «ГIолохъанчияс цIикIкIарасул адаб гьабулеб бугони, гьесул херлъиялъе гIоло, гьев чи живго херлъараб мехалъ, Аллагьас ﷻ гьесул хIурмат гьабулеллъун гIолохъабиги гьарула гьесие», - ян (Тирмизи).

Адабги буго щивав чияс жиндие бокьулареб жо цогияздехун гьабунгутIи. Кире кканиги чIухIи гьечIел, гIодоре риччарал, гIадатияллъун рукIин буго аслияб жо. Бажарараб куцалъ цогидазе боцIудалъун, квералдалъун кумек гьабила. Берцинаб гIамал-хасият бихьизабила, данде ккаразул хIурмат цIунила, гIисиназда гурхIила, диналъул вацазе салам кьун квер бачина, гьабураб къотIи тIубазабила, сундулъго ритIухъаллъун рукIина. Гьел ва гьезда релълъарал гIамалал, гIицIго адаб гуребги, Аллагь ﷻ рази гьавулеб гIамалги гIибадатги буго.

Имам АшгIарияс рехсолеб буго: «Рас хъахIав херав чиясул хIурмат гьаби буго Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъул гIаламат», - ин абураб хIадис (Абу-Давуд). 

Аллагьас ﷻ кантIизареги лъикIалде! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...