Аслияб гьумералде

ГIайиб бугониги гIайиб гьечIев

ГIайиб бугониги гIайиб гьечIев

Умумузул заманалда рукIарал гIадатал, гьанже ругездаса нусго нухалъ цIикIкIун шаригIаталда рекъарал рукIана. Щайин абуни, гьез гьел диналдаса росун рукIиналъ. ЧIужугIадан, цо къотIноб бихьинчигун дандчIвани, цогидаб нухдасан унаан. Гьединго кьураб рагIи, гьабураб къотIи тIубай бихьинчилъи хвезабиялдасан рикIкIунаан. Гьанже унтараб суаллъун ккола налъи босарас гьеб нахъбуссинабунгутIи. Нахъе кьеян абидал тушманасде гIадин балагьула.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго, хIалтIи гьабурав чиясе гьесул гIетI бакъвалалде гIарац кьеян абун. Нилъеда ккела гьеб кIвар бугеб жо гьечIилан. Амма аварагасул ﷺ рагIабазда жаниб кидаго букIуна гъваридаб магIна. ХIалтIи гьабурав чи вукIуна кидадай гIарац кьелебилан балагьун чIун. Гьединго налъи кьурав чиги балагьун чIун вукIуна кидадай нахъе кьелебин абун. Щайгурелъул гьесулги хьул букIунелъулха гьеб къваригIараб бакIалда хвезабизе бокьараб. Гьебин абуни цо-цоязда дунял кIалагъоркье буссаниги бичIчIуларо.

Ибну МасгIудица «ИншааЛлагь» абун гурони къотIи гьабулароан, хадубги щулияб ният гьабидал чара гьечIого тIубазабизе ккола къотIи, гIузру гьечIебгIан заманалда жаниб. КъотIи кьолаго ният батани гьеб тIубазабичIого тезе абун, гьеб нифакъалдасан ккола.

Имам МухIаммад Магьдица (Равас) абуна: «КъотIи тIубазаби гIаданлъиялдасан ккола, гьебги иманалдаса буго», - ян.

Иман загIипал чагIазе жеги цIикIкIун хIинкъи буго къотIи хвезабиялъулъ. Гьелъие жаваб гьабила шайих ГIабдулкъадир Гиланиясул рагIабаздалъун: «Иман загIипав чияс къотIи гьабидал чара гьечIого тIубазабизе ккола, гьесул хутIараб иман, якъин нахъе инчIого букIине». Жеги абула, лъабго жоялъ чиясул къимат борхизабулин: кьураб къотIи тIубазабиялъ, напсалда хадуб халккеялъ ва бацIцIадаб нияталъ.

ГIакъилзабаз абула гьереси бициналда хIинкъарав чияс къотIи-къаял дагь гьареян. ГIезегIан чияс живго вацIцIад гьавизелъун бицуна гьереси, цо бакIалде кватIун вачIарав мехалъги берцинаб гIузру бачинчIого чIванкъотIун гьерсал рицунев ватула. Щай нилъее гьечIеб бакIалдаса балагь тIаде цIан, шаригIаталъ малъунги букIаго кинабго жо бугеб куцалда берцинго бицеян. Гьелъулъ кIудияб баракатги буго.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...