Аслияб гьумералде

ШафагIат гьабулеб

ШафагIат гьабулеб

Къуръан цIали ккола Аллагь ﷻ рехсеялъул къагIидабазул бищунго лъикIаб. Гьелъухъ БетIергьанас ﷻ гьабулеб жазаъги кIудияб буго. Аллагьасул Расулас ﷺ Къуръан цIализе гьесизаруна, гьелъие ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIадур гьабураб кириялъулги бицун.

 

Хирияб Къуръан цIализе беццараб буго гьоркьоса къотIичIого, къасиги къадги, сапаралдаги рокъобги, мажгиталдаги, хIалтIудаги рес бугебщиналъуб. Гьедин гьабулаан нилъеда цере арал гIалимзабаз, табигIуназгун асхIабзабаз.

Аллагьасул Расулас ﷺ гьесизарулаан цо-цо хасал сураби, аятал батIа-батIайиса цIализе, гьезул гIемерал лъикIлъабигун ажру-кириги баян гьарун. Хирияб Къуръаналъул гьединал суратазул цояб ккола суратул «Мулк» (Табарака).

Гьеб сура цIаларасе кIудияб пайда щвезе буго. Гьеб ккола Къуръаналъул 67-абилеб сура. Гьеб рещтIана Маккаялда. Гьелдего абула «Мунжия» (хвасарлъи кьолеб), «МанигIа» (гьукъулеб) абураб гIадал. Гьеб сура цIалиялъ бусурбанчи цIунула дунялалда, хведал хабалъ ва Къиямасеб къоялъ ГIарасат майданалда талихIкъосиназдаса, квербакъула ризкъи цIикIкIинабиялъе.

«ТагIлимул мутагIаллим» абураб тIехьалда хъван буго ризкъи щвеялъе бищунго къуватал къагIидаби, гьезда гъорлъ рехсон буго суратул «Мулк» цIалиги. Жиндаса Аллагь разилъаяв ибну МасгIудидасан бицун буго: «Щибаб сордоялъ «Табарака ллази…» (суратул Мулк) цIаларав чи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хабал гIазабалдаса цIунула. Аварагасул ﷺ заманалда нижеца гьеб сураялда абулаан «ЦIунулеб» абун...». (Насаи)

Ибн ГIабдуллагьидасан бицун буго: «АсхIабзабазул цояс жиндир чадир чIван буго цо хабада тIад, гьеб бакI хоб букIинги лъачIого. Гьедин вугеб хIалалда гьесда циндаго рагIизе байбихьула гьениса, хабалъ вукъун вугес «Табарака ллази» цIалулеб, цIализеги гьес гьеб лъугIизегIан цIалула. Сура цIалун лъугIун хадуб, гьев асхIаб Аварагасухъе ﷺ уна ва абула: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, дица дирго чадир лъуна хабада тIад, хабада тIад гьеб лъолеб букIинги лъачIого. Цинги дида рагIана гьенив вукъарас суратул «Мулк» лъугIизегIан цIалулеб», - абун. Гьесие жаваб гьабун Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Гьеб сура буго жинца цIунулеб, хвасар гьарулеб, хабал гIазабалдаса инсанги хвасар гьавулеб», - абун. (Тирмизи)

Жеги Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Къуръаналда жаниб буго лъеберго аяталдаса гIуцIараб сура, жинцаги инсанасул мунагьал чуризегIан гьесие шафагIат гьабулеб. Гьеб ккола «Табарака ллази биядигьил мулку...» («Ал-Мулк» сурат)». (Абу Давуд, Тирмизи)

ХIасил гьабун абуни, гьеб сура цIали гIицIав Аллагьасул ﷻ разилъиялъе гIоло щибаб къойил цIализе гIадатлъун гьабурав чиясе БетIергьанасул ﷻ рахIму-цIоб, ризкъиялъулъ гIатIилъи, хабал гIазабалдаса хвасарлъигун Къиямасеб къоялъ талихI бати ва шафагIат гьаби щвела, ин ша Аллагь ﷻ.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...