Аслияб гьумералде

Лъималазда къоче

Лъималазда къоче

ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал нигIматазул цоялдасан ккола лъимал. БитIараб тарбия кьеялдалъун лъимал лъугьуна Аллагьасул ва аварагасул нух ккураллъун. Исламалда лъимал ккола Аллагьас нилъехъе кьураб аманат. Гьединлъидал эбел-инсуда тIадаб буго Аллагь разияб хIалалъ гIисиналгун рукIа-рахъине.

БитIараб тарбия абураб жоги цо-цо умумузда мекъи бичIчIулеб буго. Лъималаздехун хъачIго вукIин, гьезде вагъи, мекъаб жо гьез гьабидал кьаби, рокъор расандизе риччангутIи ва жалгоги гьелгун расандунгутIи ва гьелда релълъараб битIараб тарбия бугин кколеб буго гIемерисезда. ГIемер рагIула абулеб гIолилаз жеги лъималазда убачцин гьабичIин абун.

Цинги, саназде рахиндал, къваригIуна нилъее гьеб куцалда хъачIлъиялда хьихьарал лъимал нилъеда гурхIун, адабалда рукIине. Гьайгьай гьеб кколаро лъималазе кьолеб битIараб тарбия. Лъималазе кьолеб битIараб тарбиялъулъ дунял-гIаламалъего мисаллъун вуго хирияв Бичасул Расул . Аварагасе лъимал рокьулаан, гьелгун васандун заман инабизеги бокьулаан. ГIисинго рукIаго бищун лъималазе хIажатаб жо буго эбел-инсул рокьи ва хIеренлъи.

Абу Гьурайратидасан бицана: «Яс ФатIиматихъеги вачIун аварагас ахIана: «Лъимал ругищ гьанир?» - илан. КIудадал гьаракь рагIидал ФатIиматил вас ХIасан, рохалилаб гьаркьидалъун, аварагасухъе вортана ва гьесда хурхана. Аварагги гьесда къочана», - ян (Муслим).

ГIагарал лъималазда гуребги цогидаздаги гурхIулаан авараг r ва рокьи загьир гьабулаан. Усама ибн Зайдица бицана: «Бичасул Расулас дунги гьесул r ясалъул вас ХIасанги жиндирго r накабазда гIодор чIезарулаан. ЛъикIаб хIалалдаги къочун, дугIаги гьабун, абулаан: «Я Аллагь , Дурго рахIму-цIоб гьал лъималаздеги биччай, дие гьел кутакалда рокьулелъул», - илан (Бухари).

Лъималазда цевесан унаго аварагас гьезие салам кьолаан, цинги гьездехун вуссунаан. РикIкIадаб сапаралдаса вачIиндал рукъалъул агьлуялъул лъималгун дандчIвалаан. Хъизан-лъималазда бищун гурхIулевлъун вукIана нилъер сайид . ГIисинал лъималги рачун аварагасухъе рачIиндал, кодоре рачун дугIа гьабулаан, кIалдиб гьуинлъи бахунаан. Ансаразухъе гьоболлъухъе щведал, гьезул лъималазе салам кьун, бутIрузда квер бахъулаан. Уммусаламатил яс Зайнабгун васандун, аварагас гьелда чанго нухалъ хIеренго абуна «Зувайнаб, я Зувайнаб», абун, ай цIар хIеренго абун.

Цо къоялъ авараг какилъ вукIаго тIаде вачIана ясалъул вас ХIасан. Васандулаго гьев аварагасул мугъзаде вахана. Гьев гIодове рещтIинегIан авараг суждаялда чIана. Цинги, какдаса салам кьедал, аскIор ругел цо-цо асхIабзабаз абуна: «Я Бичасул Расул , дуца сужда халат бахъинейищ гьабураб?» - илан. Жаваб гьабун аварагас абуна: «Дир вас мугъзаде вахана ва гьев гIедегIизавизе дие бокьичIо», - ян.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...