Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Кинаб рахъалдасан батаниги, щивав чияс жиндир гIамал-хасият лъикIал тIабигIатазде куцазе ккола. ЛъикIал тIабигIатал чорхолъ рессизари, гьезда рекъон гIумру гьаби ккола нилъ Аварагасда ﷺ нахърилълъараллъун рукIин. Тасаввуф, гьелъул нух, гьелъ малъулеб, ай кинабго ккола рехсараб хIалалда хьвадиялде нилъ рачунеб шагьра. Нилъ тасаввуфалде хIажаталлъунги руго.

 

Щайин абуни, къанагIат гурони букIунаро рекIел унтабаздаса гIицIлъи, нахъегIанал гIамалал чорхолъ гьечIолъи. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца загьириялги батIиниялги мунагьал те», - абун.

Имам ар-Разияс хъвалеб буго: «Загьириял мунагьал - гьел руго рихьулел лугбаз гьарулел. БатIиниял - чIухIи, хIасад, гIужбу, бусурбабазе квешлъи бокьи гIадал рекIел пишаби», - ян. Гьел киназдасаго гIицIлъиялде ва загьириял гIамалал берцин гьариялде рачуна тасаввуфалъ.

Рехсей гьабила батIи-батIиял имамзабаз тасаввуфалъул хIакъалъулъ абурал рагIабазул.

Имам Нававияс абуна: «Тасаввуф нухалъул аслу-къагIида щуго буго: гIадамазда рихьулебги рихьуларебги бакIазда Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи. Пишабазулъги рагIабазулъги Аварагасда ﷺ нахърилълъин.

ГIадамазул лъикIлъиялъулъги квешлъиялъулъги гьездаса руссин (гьезда мугъчIван рукIунгутIи).

Дагьлъиялъулъги гIемерлъия-лъулъги Аллагьасдаса ﷻ рази рукIин. Рохелазулъги пашманлъабазулъги Аллагьасде ﷻ руссараллъун рукIин.

Имам Гъазалияс абуна: «Дида якъинго лъана суфизаби рукIин хасс гьабун Аллагьасде ﷻ унеб нухда ругел чагIи. Гьезул хьвада-чIвади, хьвада-чIвадиялъулъ бищун берцинаб букIин. Гьезул нухги, нухазул бищун битIараб букIин. Гьезул тIабигIаталги, тIабигIатазул бищун рацIцIадал рукIин».

Тасаввуф-агьлуялде инкар гьабулезда дандеги абун буго: «ТIарикъаталда тIасан кIалъай гьабулез щибха абулеб бугеб гьезул хIакъалъулъ, тIарикъаталъул тIагьаратго шартIазул тIоцебесеблъун бугеб хIалалда, Аллагь ﷻ хутIун цогидалдаса жидер ракI тIубанго бацIцIад гьаби бугел...», - абун.

Тасаввуфалъул нухде лъугьун, гьениб батараб пайда халлъун ва гьелъул пихъал чIамун хадубги Гъазалияс абун буго: «Суфизабазул мухъилъе лъугьин парзул-гIайн буго. Щайин абуни, гIайибаздаса (мунагь-хатIабазде ккеялдаса) цIунарал чагIи аварагзаби гурони гьечIо», - ян.

Жунайдул Багъдадияс абуна: «Тасаввуф буго тIадегIанал ахлакъазда гIамал гьаби ва гIодорегIанал тей», - абун.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...