Аслияб гьумералде

ТIоцебе лъадуда цIехолеб…

ТIоцебе лъадуда цIехолеб…

ТIоцебе лъадуда цIехолеб…

Исламияб диналъ жанибе бачуна дунялалда лъугьунебщинаб жо, гIумрудул ишал. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ динги нилъехъе битIана рукIа-рахъунеб къагIида нилъеда лъазелъун.

Гьединго диналъ жанибе бачуна лъадуда хурхарабщинабги. Аллагьасул вали ТIавусица абуна: «Чиясул диналъул цо бутIа ккола чIужуги», - ян. Гьейгун рукIине ккола диналъ малъараб куцалъ, ай нилъер напсалъе бокьараб къагIидаялъ гуреб. Хъизан гьабурав чиясда абула мун вукIайин гьелъие эменлъунги, эбеллъунги ва вацгун яцлъунгиян.

Гьединлъидал росасе рекъола гьелдехун инсулаб гурхIелги эбелалъулаб хIалимлъиги бихьизабизе. Гьеб мехалда вукIине вуго мун хIакъикъияв рослъун. Шайих Къатадидасан бицана: «Къиямасеб къоялъ тIоцебе чIужугIаданалда цIехола какил хIакъалъулъ, хадуб - росасул хIукъукъал тIуранищ», - илан абун.

ХIасанул Басриясда гьикъула дир йигин яс ва гьей абизе рачIун ругин цо чагIи, гьей лъие кьелейилан? ХIасанул Басрияс абула, дуца гьей кьейин иман бугев чиясе. Гьесие гьей йокьани, гьес гьелъул хIурмат гьабизе бугин, йокьичIони, зулмугIаги гьабизе гьечIин. Цо нухалъ ибн ГIумарил хьул къотIула чIужу ячиналдаса. Муъминзабазул эбел ХIафсатица гьесда абула, дуца гьеб пикру тейин ва чIужуги ячейин абун. Щайин абуни, дуе лъимер гьабуни, гьелъухъ кири букIунин ва кIудияб гIедал гьелъ дуе дугIа гьабизе бугин абун.

Цо-цоязда ккезе бегьула лъималазул боцIи жал бетIергьанаб бугин абун. Имам Байгьакъияс Къайс ибн Абу ХIазимидисан бицана: «Цо чи Абубакарихъе вачIуна ва абула: «Инсуе бокьун буго кинабго дир бечелъи жинхъего босизе, ай дир бугилан чIолев вуго гьев», - ян. Абубакарица гьесул инсуда абула: «Гьесул боцIиялдаса дуе буго мун хIажатаб жо, ай дуе кколеб напакъа», - илан.

Цинги гьес халипасда абула: «Я Аллагьасул расуласул халипа! Аллагьасул расулас абичIищ лъимерги ва гьесул боцIиги инсуе буго», - ян. Халипас абула, аварагас абунин напакъаялъул хIакъалъулъ. Нилъер лъикIаб хьвада-чIвадиялъ кьола баракатаб наслу. Гьелъие нугIлъи гьабула ибн Мубаракилги инсулги ккараб къисаялъ. Гьединго нилъер хьвада- чIвадиялдаса мисал босула лъималазги лъималазул лъималазги. Квешаб хьвади бугони, гьеб квешлъи гьезиеги щола, лъикIаб бугони - лъикIабги щола. Аллагьас тавпикъ кьеги берцинго хьвадизе, цоцазул хIурмат гьабизе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...