Аслияб гьумералде

60 соналъул гIибадаталдаса лъикIаб

60 соналъул гIибадаталдаса лъикIаб

Жакъа нилъеца кинабго иш гьабулеб буго гIедегIун, рекерулаго. ГIумруялъул пикру гьабизего регIулел гьечIо. Пикру гьабийин абуни цIакъ хирияб гIибадатлъун рикIкIуна. Амма пикру гьаби, дунялалъул ишазде руссиналъ, кIочон толеб буго.

 

 

Ибну ГIабасицаги Абу Дардаицаги абуна: «Дагьаб мехалъ пикру гьаби къаси сардилъ вахъун гIибадат гьабиялдаса хирияб буго», - ян.

Ибну ГIабасица абуна: «Пикру гьабун бараб кIиго ракагIат какил лъикIаб буго къаси вахъун, пикру гьабичIого, гьабураб гIибадаталдаса», - ян.

ХIасанул Басрияс абуна: «Чиясул каламалда жаниб хIикмат гьечIони, гьеб калам гIададисеблъун ккола. ВуцIцIунчIеялда жаниб пикру гьечIони - гьебги гъапуллъи буго ва бербалагьиялъул халгьаби гьечIони - гьебги гъапуллъи буго», - ян.

ГIумар ибну ГIабдулгIазизица абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул нигIматазул пикру гьаби гIибадатазул бищун хирияблъун ккола», - ян.

Фузайл ибну ГIиязица абуна: «Пикру гьаби лъикIаб-квешаб бихьизабулеб матIу ккола», - ян.

Нилъеца пикру гьабулеб бугони, чара гьечIого гьелъ жиндирго лъикIалгун квешал гIамалал рихьизарула.

ХIатамул Асамица абуна: «Муъминчи пикру гьабиялдеги халгьабиялдеги машгъуллъула. Мунапикъ хьулазде машгъуллъула», - ян.

Гьесго абуна: «Халгьабиялъ цIикIкIинабула гIелму, зикруялъ – рокьи, пикруялъ – хIинкъи (Аллагьасдаса)», - ян.

Абула пикру гьаби 60 соналъ гIибадат гьабиялдасаги хирияб бугин. Цо нухалъ валиясда цIехола: «Дуца гIемер пикру гьабулеб буго», - ян. Гьес жаваб гьабула: «Пикру гьаби гIакълуялъул нах ккола», - ян. ХIисаб гьабе Сагьлу ибну ГIабдуллагьил рагIабазул. Гьес абуна: «Сиддикъунал щибаб гали бахъулебщинахъе хIинкъун рукIуна рухI мекъи бахъиладай», - абун.

ГIалимзабаз абула къойида жаниб анцIго минуталъгIаги пикру гьабуни, гьеб гIезегIан кIудияб иш бугин абун. Гьелъул асарги букIуна. Цере рукIарал гIалимзабазгун шайихзабаз ва цогидаз щибаб араб къоялъул пикру гьабулеб букIана. Масала, цо-цо вализаби къаси хIалтIудаса рокъоре рачIиндал, араб къоялъул пикру гьабун гурони кьижулароан.

ГIумар-асхIабас абуна: «Нужеца (дунялалда) хIисаб гьабе, (къиямасеб къоялъ) нужеда тIад хIисаб-суал гьабилалде», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...