Аслияб гьумералде

Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо

Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо

Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо

Рамазан моцIалъул гIемер хъвазе, бицине бегьула, бугониги бицун лъугIуларо ва гIезеги гIоларо. Щайин абуни, цогидал моцIазда дандеккун гьаб буго гIемер нигIмат, баракат, хиралъаби жиндилъ рессараб къадруяб моцI. Гьеб буго жиб тIаде щвеялдалъун кутакалда нилъ рохизе ккараб моцIги.

 

Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Рамазан моцIалъ жидее щиб пайда щолебали Аллагьасул ﷻ лагъзадерида лъалеб букIарабани, гьеб мехалъ дир умматалъул агьлуялъ анищ гьабилаан гьеб моцI тIубараб соналъ халатбахъун букIунебани абун», - абун (Абу Шайх).

Машгьураб хIадисалда хирияв Аварагас ﷺ ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ бицун ХIадисул Къудсиялда абулеб буго: «Адамил лъимералъ гьабураб щибаб лъикIаб гIамалалъул кири цIикIкIинабула бищун дагьаб анцIго нухалъ ва цIикIкIинабизе бегьула анкьнусгоялде щвезегIан. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Ккураб кIалалъул кири хутIун, гьеб лагъас Дие гIоло ккуна, гьелъухъ кири-жазаъги Дица гьабила», - абун (ибну Мажагь).

Рамазан моцI буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жиндир лагъзадерие бищунго къиматал сайгъатал кьолеб заман, гьел щвезе бегьула мунагьаздаса тавбу гьабун, гьелдаса рикIкIалъунги, гьединго, лъикIал гIамалал гьарунги.

Цогидаб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Алжаналда буго «Раян» абун цIар бугеб нуцIа. Гьеб рагьула гIицIго кIал ккурал чагIазе, цохIо гьел гурони жаниреги лъугьунаро гьенисан Алжаналде. Цинги кIал ккуразул ахирисев чи гьенисан лъугьараб мехалъ, къала гьеб нуцIа», - абун (Бухари).

«КIал кквей – цIуни», - ян буго машгьураб хIадисалда. Гьелъул магIнаги ккола кIал кквеялъ инсан БетIергьанасда ﷻ цебе мунагьал ва такъсирал гьариялдаса цIунула, гьелдалъун цIадул тамихIалдаса рикIкIадги гьавула.

«МухIаммадил рухI жиндир кодоб бугев Аллагьасдалъун гьедула, кIал ккурав чиясул кIалдисан бачIунеб махI Аллагьасе ﷻ гIемерго цIикIкIун рекIее гIолеб буго мискалъул махIалдасаги. КIал ккурав чиясул буго кIиго хасаб рохел: бакъ тIерхьун хадуб кваназе байбихьи - цо, ккураб кIалалъухъ кириги щун, Къиямасеб къоялъ жиндирго БетIергьанасда ﷻ дандчIвай - кIиго», - абун буго цогиги Аварагас ﷺ абурал рагIабазда. Гьеб рохел щвараздаса ратаги нилъ киналго.

Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «КIал кквей нужее лъикIаб буго…», - абун (суратул «Бакъара» 184 аят). Гьединлъидал, Аллагьасда ﷻ аскIоб кири щвей гуребги, гьеб буго кутакалда чорхое сахлъи, саламатлъи гьабулеб гIамалги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...