Аслияб гьумералде

Нечеялъул хIакъикъат

Нечеялъул хIакъикъат

Диналда жаниб ничалъ кIудияб бакI ккола. Гьеб буго иманалдаса. Нечей абураб жо, гIодовеги валагьун, вуцIцIунчIей гуро. Гьелда ничиланги абуларо. Нечеялъул хIакъалъулъ гьадинаб баян кьун буго ХIилми абурав шайихас: «Нечеялъул хIакъикъат ккола мунго какиялдаса, квешаб рагIи дурго рахъалъ абиялдаса цIуни. Щайин абуни, нечолев чияс жив какулебщинаб квешаб пиша тола», - ян.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абунин буго: «Я Адамил лъимер, мун Дидаса нечани Дица дур гIайибал ва мунагьал ракьалда кIочон тезарила. Дур гIамалал хъвалеб тIехьалдаса гъалатIалги рацIцIина. Амма мун нечечIони, къиямасеб къоялъ хIисаб букIине буго», - ян.

ХIисаб гьабеха, нечолищ нилъ ТIадегIанав Аллагьасукьа ﷻ нилъго хутIараб мехалда. ГIемерисеб мехалда нилъ гIадамаздаса нечолел ратула. Амма нилъго ругеб мехалда бокьа-бокьараб жо гьабула. Гьеб я ихласлъун я ничлъун кколаро.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ГIиса аварагасда, вахIю рещтIун, абуна: «Цин дурго напсалъе вагIза гьабе ва цинги мун Дидаса неча гIадамазе вагIза гьабиялдаса», - ян.

Сулайман аварагас абуна: «Нич иманалъул къанун буго. Низам гьечIони, хутIараб жоги уна», - ян.

ГIаишатица абуна: «ЛъикIал тIабигIатазул аслу ккола нечей», - абун.

Фузайл ибн ГIиязица абуна: «ТалихIкъосиналъул щуго гIаламат буго: рекIелъ къасаватлъи, берал ракъвай, нечей дагьлъи, дунялалде хьул лъей ва хьул цIикIкIин», - ан.

Гьединго Фузайл ибн ГIиязица абуна: «Дуца дурго гIунгутIаби рахчула ва гIадамаздасаги нечола. Амма нечоларо ракIалда жаниб бугеб Къуръаналдаса, Жиндие щибниги балъголъи гьечIев Аллагьасдаса», - ян.

Нечолев чияс берал ххенезаруларо, ай кколареб бакIалде валагьуларо. БакI-бакIалде гIемер валагьулев чиясул рекIелъе къваригIел гьечIеб хIал бачIуна.

Лукъманул ХIакимида гьикъула фасикъасул хIакъалъулъ. Гьес абула: «Фасикъ ккола жинца гIадамазул кIалтIаса бер нахъе босуларев ва гьезул гъалатIал рищулев чи», - ян.

МухIаммад авараг ﷺ ккола бищун цIикIкIун нечолевлъун ва гьелдаго цадахъ авараг ﷺ вукIана гIадамал рокьулев ва гьелгун жуварав. ГIалимзабазул рагIиялда рекъон, нилъеда бичIчIана нич кколеблъи жиндаго тIаде мекъабщинаб жо бачIине биччангутIи ва гIадамаздаса нечолевгIадин Аллагьасдасаги нечей, ай живго хутIидал мунагьал гьаруларевлъун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...