Аслияб гьумералде

Хвасарлъи жиндилъ бугеб

Хвасарлъи жиндилъ бугеб

Инсанасул лугбазул цояб ккола мацIги. Гьеб лага буго гьитIинаб, амма гьунар кIудияб. Жиндалъун лъикIал гIамалал гьаризеги мацI буго ТIадегIанав Аллагьас нилъее кьурал нигIматазул цояб ва аслияб. Гьунар кIудияб букIиналда цадахъ, гIемерисеб мехалда, мацI сабаблъун тIаде рачIуна захIмалъаби ва ккола мунагьазде.

МацI буго кидаго жинда хадуб хъаравуллъи гьабизе кколеб лага. Гьелъ бицунелда хадуб хъаравуллъи гьабичIони, рахсидаса биччараб гьой цебе батаралда хурхунеб кинниги, хIажат гьечIеб калам гьабун хважаин гьелъ жиндирго бетIер кквеялде ккезавула. Абула мацIалда кверщел гьабичIесда щайтIаналъ кверщел гьабулин. ЖужахIалде инсан вачунебги, гIемерисеб мехалда, мацI ва гьеб сабаблъун лъугьараб гIамал буго. Гьелъул квешлъиялдаса цIунизеги кIоларо дунял-ахираталъе пайда бугелъул бицине гьеб тIамурав гурони. Абизе бегьула инсанасе бищун захIматаб лага гьеб бугин. Кинин абуни, мацI гIемер кIалъанин абун гьелъие свак букIунаро, амма кIалъай сабаблъун ккаралъул жаваб кьезе инсанасе расги бигьалъуларо я дунялиял ишазулъ яги ахираталда.

Чи мекъи ккезавизе хIалтIулеб шайтIаналъул кумекчиги мацI буго. Гьелъин абулеб «гаргади гIарац батани, вуцIцIун чIей месед бугин» абун

ГIукъбат-асхIабас бицун буго:

МацI сабаблъун инсанасухъа ккола гIемерал мунагьал. Гьединал хIалазде ккеялдаса хвасарлъилъун буго руцIцIун чIей.

«Цо нухалъ дица аварагасда абуна: «Я, Бичасул авараг ! Дие хвасарлъи сундулъ бугеб?» - абун. Жаваб гьабун аварагас абуна: «Дуца тIадчIей гьабе мацI ккун чIезабиялда, ай мацI цIуниялда…», - ян.

Хирияв аварагас абун буго:

«ВуцIцIун чIей хIикмат буго, амма гьеб хIалтIизабулев чи дагь гурони гьечIо», - ян.

ХIажат гьечIеб калам гьабиялдаса руцIцIунчIей буго цIодорлъиялъул гIаламат, чияр заралалдаса нилъго цIуни ва шайтIаналда тIад бергьенлъи щвей. МацI гIемер кIалъазе тей буго чи мекъи ккезавулеб, хадуб пашманлъиялде рачунеб.

Гьелъул хIакъалъулъги аварагас абун буго:

«ГIемер кIалъалев чи – гIемер мекъи ккола, гIемер мекъи кколевги – гIемер мунагьалде ккола, гIемер мунагьалде кколесеги – жужахIалъул цIа буго рекъараб», - ан (Байгьакъи).

Аллагьас цIунаги

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...