Аслияб гьумералде

Цо-цо насихIатал

Цо-цо насихIатал

Цо нухалъ Абул-Къасим Самаркъандиясда гьикъула мунагь сабаблъун чиясулъа иман бахъулищин?

Гьес жаваб гьабула лъабго мунагьалъ бахъулин:

1. Кьураб иманалъухъ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ шукру гьабунгутIиялъ.

2. Иман нахъе босилин абун хIинкъунгутIиялъ.

3. Исламалъул агьлуялъе зулму гьабиялъ.

Цо нухалъ пуланав халипасе цояс вагIза гьабидал, гьес хъачIго жаваб кьола. Цинги гьев чияс халипасда абула: «Дуе вагIза гьабизе ккола дидасаги квешав чияс. Муса авараг ва Харун пиргIавнихъе ритIидал, гьезда ТIадегIанав Аллагьас амру гьабуна гьевгун берцинго, хIеренго кIалъайилан. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца гьесда хIеренго абе, рес буго гьев гIенеккизе яги хIинкъизе (Аллагьасдаса)». (Сура «ТIагьа», аят 44).

ГIалимзабигун вукIунев чиясе рес буго гьезде рещтIунеб ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIмат жиндеги щвезе.

ГIелму ккола дунялалда хиралъи, ахираталда тIадегIанлъи.

Ибну ХIажар Гьайтамияс «Дуррул Манзуд» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Цо чияс хIадисал хъвалеб мехалъ тIанчида барахщун аварагасде ﷺ салават хъвалеб букIинчIила. Хадуб гьесул кваранаб квералда хъирис банила», - ян. Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее аварагасде ﷺ салават битIизе.

Аварагасул ﷺ цIар рагIидал, имам Маликил кьер хисулеб букIанила.

ХIасанул Басрияс абуна: «Лаилагьа илла Ллагь абураб рагIи алжаналъул пихъ ккола», - ян.

Кьижулев чиясе рес буго тIубараб сордоялъ зикруялдалъун вукIине. Кин гьебин гьикъидал, шайих ГIабид бин ГIумайрица абуна: «Къаси кьижулеб мехалъ Аллагь рехсолаго кьижун ккани, ворчIизегIан Аллагь рехсолевлъун хъвала», - ян.

Шафих Сулайманида гьикъула щиб квешлъиялъ лъикIаб гIамалгун цадахъ пайда гьабизе толаребин. Гьес абула гьеб чIухIи кколин.

ГIаданлъи хвезабула кьураб къотIи хвезабиялъ.

Цо-цо тохтурзабаз абула цIураб кванирукъалде жанибе гIелму унарин.

ГIемер лъалъаялъ бекьараб жо хвезабулеб гIадин, гIемер кванаялъ ракIги хвезабула. ГIакъилзабаз абун буго бищун кIудияб дару квен дагь гьаби кколин.

Вореха, къаси кванан хадуб кьижуге, 50-60 гали тIамун гурони. Лъимги гьекъоге, къечедал гурони.

Аварагасул ﷺ асхIаб Абу Дардаица абуна, цо масъала гIелмуялъул лъазаби цIикIкIун бокьулин тIубараб сордоялъ гIибадат гьабиялдаса.

Жеги Абу Дардаица абуна: «ГIадамал къиямасеб къоялъ тIаде рахъинарула жал рукIараб хIалалда, ай гIалимчи - гIалимчилъун, жагьилчи - жагьилчилъун.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...