Аслияб гьумералде

КватIун ккелалде…

КватIун ккелалде…

 

Лъимал ккола нилъ хисизе ругел чагIи. Гьединлъидал лъималазе тарбия кьеялде исламалъ кьола кутакаб кIвар.

Кинабго жо лъалеблъун бижуларо лъимер. Гьелда сверухъ ругез кьола гьелъие тарбия. Ва гьелда рекъон кIудияб гIола лъимерги.

 

Щивав чиясда тIадаб буго жиндирго дин лъазабизе ва гьелда гIамал гьабизе. Дин лъазабиги инсанас гьитIинаб къоялдаса нахъе байбихьула, ай эбел-инсуца малъиялдалъун.

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Анкьго сон байдал как байилан лъималазда амру гьабе ва анцIго сон байдал кьабгIе (как таралъухъ), бусенги батIа гьабе (васал-ясазул)», - ян (Давуд, ХIаким).

Лъималазе тарбия кьей, гьезул сонал халгьабун, лъабго гIужалде бикьула: гьавуралдаса анкьго сон базегIан, анкьго соналдаса анцIго соналде щвезегIан ва анцIгоялдаса балугълъиялде рахинегIан.

Анкьго сон базегIан лъималаздехун рукIине ккола хIеренго. ЗахIматал хIалтIабиги гьезда тIадкъазе бегьуларо, гьездехун хъачIаллъунги рукIинаро.

Анлъго-анкьго сон баралдаса как-кIал малъизе байбихьила ва лъикIаб гIамалалде гьесизарила.

АнцIго сон баралдаса балугълъиялде щвезегIан диналъул парзал тIуразари, гIадамазда гьоркьов берцинго вукIа-вахъин тIалаб гьабизе ккола. ГIенеккулел гьечIони, тамихI гьабизеги ккола. Жинс батIиял лъималазул бусенги батIа гьабила.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе лъималазда лъикIаб мисал бихьизабуни ва исламалда рекъараб тарбияги кьуни, кIудиял гIедалги гьеб тарбия, ганчIида бикIараб накъиш гIадин букIуна.

Амма гьеб гIужалда нилъ тохлъун, лъимер квешаб жоялде ругьунлъидал, битIараб нухде гьеб лъугьинабизе цIакъ захIмалъула. Цинги, щиб нилъеца бицаниги кватIун букIуна. Лъимералъ гьеб къабул гьабуларо.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...