Аслияб гьумералде

ЦIаялдаса цIунизе руго

ЦIаялдаса цIунизе руго

«Бихьинчи пасалъани – хъизамго пасалъула, чIужугIадан пасалъани - тIолабго халкъ пасалъула», - ян абураб абиялдаса баянлъула хъизамалъе, хасго ясазе битIараб тарбия кьеялъул бугеб кIвар.

 

Ислам бачIиналде гIарабазул гIадат букIун буго гьаюрай яс чIагого ракьулъ лъолеб. Ислам бачIун хадуб руччабазул адаб-хIурмат гьабизе кколеблъи малъана аварагас ﷺ. Гьелъул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Жий чIаго ракьулъ юкъун йикIарай гьитIинай ясалдаги гьикъулеб гIужалъ: «Мун щиб мунагь букIун чIагого ракьулъ юкъун йикIарай», - абун. (Сура «Ат-Таквир», 8-9 аятал).

Амма жакъаги гьеб квешаб гIадаталъул асар нилъелъги загьирлъула. Масала, яс гьайидал цо-цо бихьинал пашманлъун лъугьин.

Исламияб диналъ чIужугIадан кутакалда хира гьаюна. Хъизамалда лъимер гьаби, батIалъи гьечIо - яс ялъуни вас, гьеб ккола эбел-инсуе Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб рахIмат. БитIараб тарбия кьун лъимал ва хасго ясал гIезаруралъухъ Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб кири-ажру лъалел умумул, яс гьайидал, жеги цIикIкIун рохизе рекъараб буго.

Ясазул эбел-инсуе бугеб хиралъи рехсон рачIарал хIадисал гIемерал руго. ГIаишатидасан бицана: «Цо къоялъ гьардолей чIужугIадан щвана дихъе цадахъ кIиго ясги ячун. Гьезие кьезе цо чамасадак гурони батичIо рокъоб. Гьелъ гьеб нигIмат кIийидеги бекун ясазе кьуна. Гьелъул хIакъалъулъ аварагасда ﷺ бициндал, гьес ﷺ абуна: «Гьел ясаз жужахIалъул цIаялдаса цIунизе руго жидехъе хIалбихьилъун ритIарал гIадамал», - илан. (Бухари, Муслим, Тирмизи)

Анас бин Маликидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Балугълъиялде рахинегIан кIиго ясалъе битIараб тарбия кьурав чи Алжаналъув дунгун гьадин рукIина (кIиго килищги цоцалъ гъункизабун бихьизабуна)», - ян. (Муслим)

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....