Аслияб гьумералде

РахIатаб заман

РахIатаб заман

Гьале тIаде щвана сардалги халатаб, къоялги къокъаб хасалил заман. Квачараб, дагьаб рахIатбахъи бугеб мех букIаниги, нилъеца хIаракат бахъизе ккола гьеб БетIергьан ﷺ разилъулеб гIамал гьабун тIобитIизе.

АсхIабзабазгун гьезда хадур рачIараз хасел бачIиндал абулаан гьеб бугин бусурбанчиясул давла бакIарулеб ва гьелъие цIакъ бахъулеб заманилан. ГIумар-асхIабасги абун буго: «ГIибадат гьабулев чиясе хасел буго давла», - ян. Ибну МасгIудица абун буго «МархIаба» хаселилан. Гьаб бугин баракат рещтIунеб заман, сордоги гIибадат гьабизе халатаб, къад кIал кквезе къоги гьитIинаб. Хасел бачIиндал ГIубайд ибну ГIамирица абулеб букIун буго: «Ле, Къуръан цIалулел чагIи, гьале нужее Къуръан цIализе халалъана сордо, нужеца гьеб цIале. Къад кIал кквезе къоги къокълъана, нужеца кIал ккве. Хасало сардилъ гьабураб гIибадат, багIарараб къоялъ кIал кквеялда бащалъула», - ян.

Сордо кIудияб заманалда кьижизе бегьула макьу гIезегIан. Макьу гIедал чорхое бигьалъиги лъугьуна. Цинги тIаде рахъун гьабулеб гIибадат-гIамалалъе бигьалъиги бачIуна. Сордо кIодолъи гуребги, къо кIудияб риидалил багIарараб заман букIун, яги гьабулеб хIалтIиишалдаса регIичIого, ялъуни халат бахъараб заманалъ ракъун чIезе бажарулареб унти букIин гIадал сабабаздалъун кIал кквечIого хутIарав чиясе гьел рецIизеги хасало бигьалъи буго.

Цо нухалъ Абу-Гьурайратица абун буго: «Дица нуж цIорораб гъанимаялде тIаде ккезарилищ?» - абун. АскIор рукIараз ккезарейин абидал, Абу-Гьурайратица нахъеги абун буго: «Хасалил заманалъ кIал ккве», - ян.

ХIадисалъе баян гьабулелъул гIалимзабаз хъвалеб буго «цIорораб гъанимайин» абурал рагIабазул магIна бугин «рагъичIого, саквачIого, захIмат бихьичIого щолебин» абураб. Кинха букIинареб, жакъа рогьалил как ахIула анлъгоялде хIалтIараб заманалда, боголил - анлъго тIубалалде. ХIисаб гьабеха, гьоркьоб кколеб буго анцIила кIигогIанасеб сагIат. Заман хехго унеб букIинги щивасда халлъула. ГьечIищ кIудияб рахIмат гIибадат гьабизе бокьарасе.

Хвалил унтулъ вугев МугIаз-асхIаб гIодизе лъугьиндал, гьесда цIехола щиб ккарабилан абун. МугIазица абула: «Дун гIодулев вуго, хасалил гIужалъ сардилъ вахъун гIибадат гьаби борчIун ккеялдаса», - ян. Щиб гьабун заман тIобитIилебали щивасда бараб букIина. Гьединлъидал, гьарула Аллагьасда ﷺ щивасе тавпикъ кьегиян Жив ﷺ разилъуледухъ гIамал гьабизе!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...