Аслияб гьумералде

Какда хадуб гьабизе беццараб

Какда хадуб гьабизе беццараб

Какда хадуб гьабизе беццараб

Имамасе, гьесда хадуб как балесе, живго цохIо как балесе, бихьиназе ва руччабазе, сапаралда вугесе ва гьел гурел цогидазеги какда хадуб дугIа, зикру ва истигъфар гьабизе лъикIаб буго.

Абу Амаматица бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ гьикъун буго кинаб дугIаялъе Аллагьас ﷻ жаваб гьабулебилан. Аварагас ﷺ абун буго: «Сардил ахиралда ва паризаял каказда хадуб», - илан.

Савбаница бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ какдаса лъугIидал Аллагьасе ﷻ лъабго нухалъ истигъфар бачунаан. Цинги абулаан: «Аллагьумма анта ссалам ва минка ссалам табаракта йа залжалали вал икрам». Гьебго хIадис бицарав АзрагIида гьикъана истигъфар кин бачунеб букIарабилан. Гьес абуна: «АстагъфируЛлагь, астагъфируЛлагь абун абулаанин Аварагас ﷺ».

Ибну Зубайрица щибаб какда хадуб тагьлил бачунаан: «Ла илагьа илла Ллагь(у), вахIдагьу ла шарика лагь(у), лагьул мулку ва лагьул хIамду, ва гьува гIала кулли шайъин къадир, ва ла хIавла вала къуввата илля биллагь(и), ва ла нагIбуду илла иййагьу, валагьу ннигIмату ва лагьул фазл(у), ва лагьу ссанаул хIасан, ла илагьа илла Лллагь(у) мухлисина лагьуддина ва лав каригьал кафирун». Цинги абулаан: «Щибаб какда хадуб гьадин тагьлил бачунаан Аварагасги ﷺ», - абун.

ДугIа ва зикру ракIалъ цIализе суннатлъула. Амма имамасе, хадуб как балезда малъиялъул къасдалда рагIизабун цIализе бегьула. Гьебги буго ибну ГIаббасица бицараб хIадисалъе гIоло: «ГIадамал паризиял какдаса тIурайдал, зикру бачунелъул гьаракь борхизаби, Аварагасул ﷺ заманалдаго букIараб жо буго. РагIун дугIа, зикру гьез цIалидал, дида лъалаан гьел какдаса тIуран рукIин», - ян. Гьаракь борхиги букIина как балезе квалквал гьабуларедухъ.

МугIазица бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ, дир кверги ккун, абуна: «Я МугIаз, АллагьасхIаги дие мун вокьула. Дица васият гьабулеб буго щибаб какда хадуб дуца цIалулеб - Аллагьумма агIинни гIала зикрика ва шукрика ва хIусни гIибадатика - тоге», - ян.

Абу Заррица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Щив чи вугониги рогьалил какда хадуб, жеги хIатIал кIичIизе гьарухъе вукIаго, кIалъазегIан жинца абурав 10 нухалъ: Ла илагьа илла Ллагь(у), вахIдагьу ла шарика лагь(у), лагьул мулку ва лагьул хIамд(у), юхIйи ва юмит(у), ва гьува гIала кулли шайъин къадир, Аллагьас гьесие 10 лъикIлъиги хъвала, 10 квешлъиги бацIцIуна, 10 даражаги борхула, кинабго квешабщиналдасагун шайтIаналдаса гьеб къоялъ цIунаравлъунги вукIуна», - ян.

Дунял-ахираталъул лъикIабщинаб гьаризе бегьула какда хадуб дугIа гьабулев чияс. Гьединго жиндиего ялъуни бусурбабазул бокьарав чиясеги гьаризе бегьула.

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...