Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

ШафигI МухIаммад Зугьратица абун буго: «Гьаб заманалда нилъ цIикIкIун хIажатал руго тасаввуфалде. Щайин абуни, нилъер гIолохъаби гьава-шавкъалде гьетIарал руго, ракIаздаги шагьват бергьун буго. Гьеб кинабго гIолилазулъ гIемерлъидал, хутIбачагIазул хутIба, тIахьал хъвай, вагIзачагIазул вагIза, гIалимзабазул хIукму лъугьуна пайда дагьаблъун…», - ин.

 

Гьединлъидал, нилъее чара гьечIого хIажат буго лъикIлъиялде рачунеб нух. Гьебги букIине ккола гIолохъанаб гIелалда жидерго напсазда кверщел гьабизе кIолеблъун. Кверщел гьабиги букIуна шайихасул ва гьесул муридасул нухалдалъун, щибаб бакIалда шайихасул бакIалда чIолел (лъикIаб-квешаб малъулел, кантIизарулел) чагIи рукIунедухъ.

ХIанафиязул факъигьас, гIалимчияс «Дарул мухтар» абураб тIехьалда хъван буго: «Абу ГIали Дакъакъица бицана: «ТIарикъат дица босана Абул Къасим ан-Насрил Абазиясдаса. Абул Къасимица абуна жинца гьеб босанин имам Шиблиясдаса, гьес босана Сарию СакъатIидаса, гьесги – МагIруфул Курхиясдаса, гьес - Давуду ТIаиясдаса. Давуду ТIаиясги гIелму ва тIарикъат босана Абу-ХIанифадаса. Гьезул щивасги гьелъие къимат кьун рецц гьабуна ва хирияб нух букIиналъе мукIурлъизеги мукIурлъана», - ян.

Имам ШафигIияс абуна: «Дица гьалмагълъи гьабуна суфиязулгун, гьездасан дида лъана лъабго гIакъилаб калимаги:

  1. Заман буго хвалчен, дуца гьеб къотIичIони гьелъ мун къотIула.
  2. Дуца дурго напс лъикIалде буссинабичIони, гьелъ мун квешалде вуссинавула.
  3. (Щиб бугониги жо) гьечIолъи – хвасарлъи буго.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...