Аслияб гьумералде

Тавбуялъул кIвар

Тавбуялъул кIвар

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммадияб уммат тавбу кьун хира гьабуна. Гьеб ккола нилъее бугеб рахIмат. Цере рукIарал умматазе гьедин букIинчIо. Ккараб мунагьалъе хасаб гIазаб букIана. Гьеб тIубачIого мунагь тIаса кколароан. Нилъер абуни, ккараб мунагьалъухъ гьабураб тавбу Аллагьас ﷻ къабул гьабула. Амма тавбуялъеги руго тIуразе кколел шартIал. Бокьа-бокьарабги гьабун, гьеб тавбуялъ чурулин чIезе бегьуларо.

 

БетIергьанас мунагьги тавбуги бижана. Гьес нилъ рижана гъалатI кколеллъун ва тавбу гьабизеги малъана. Аллагьасде ﷻ руссунел гIадамал Гьесие рокьула. Къуръаналда БетIергьанас ﷻ абуна: «Аллагьасе тавбу гьабулел гIадамал рокьула», - ян.

Ибну МасгIудица абуна: «Къабулаб тавбу ккола, тавбуги гьабун, мунагьазде руссунгутIи», - ян.

ХIасанул Басрияс абуна: «Къабулаб тавбу ккола рекIелъ пашманлъи букIин, мацIалъ истигъфар гьаби, лугбаз гьабулеб мунагь тей ва гьезде тIадвуссунгутIи», - ян.

Абу ГIали Дакъакъица абуна: «Тавбу ккола муъминзабазул сипат», - ян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца киназго тавбу гьабе, я муъминзаби», - ян. (Сура «Нур», аят 31)

Ибну ГIатIаица абуна: «Тавбу кIиго батIияб буго. Цо тавбу гьабула гIакъубаялдаса цIунизелъун ва цогидаб тавбу ккола БетIергьанасул сахаватлъиялдаса нечон гьабулеб», - ян.

ГIумар-асхIабас абулаан: Нуж гIодор чIа тавбуялъул гIадамалгун, гьелъ кутакалда пайда кьола», - ян.

Лукъманул ХIакимица васасда абула: «Вореха тавбу нахъе бахъуге, хвел тохлъукьего тIаде щола», - ян.

Бишр ибн ХIарисица бицана Фузайл ибну ГIиязица абунин: «Къад къоялъ гIодун гьабураб тавбуялъ чурула загьириял мунагьал. Къаси гIодун гьабураб тавбуялъ батIиниял мунагьалги чурула», - ян.

Балагьеха тавбуялъул бугеб асар, нилъ гьелде кидаго хIажаталги руго. Гьебги ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нилъее кIудияб рахIмат.

Аллагьас ﷻ нилъ тавбу гьабулездасан гьареги. Кинабго жоялда хIалкIолев цохIо Аллагь ﷻ вуго.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...