Аслияб гьумералде

Тавбуялъул къуват

Тавбуялъул къуват

Тавбу ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьураб рахIмат. Тавбу Аллагьас ﷻ кидаго къабул гьабула гьелъул кколел шартIал тIурарабгIан заманалда жаниб. Тавбуялъ кигIан кIудияб мунагьги чурула. Амма гIемер чIахIиял мунагьал гьарулел ругони, гьез ракIги беццлъизабун ракIалда мугьру чIван, тавбу гьабичIого хутIиялда хIинкъи буго.

Кинниги цин тавбу гьабун, хадуб мунагь гьабун, цингиги тавбу гьабун живго жинцаго гуккизе бегьуларо. Гьесул букIине ккола щулияб къасд мунагь теялдеги ва бацIцIадаб тавбу гьабиялдеги.

БакътІерхьудаса бакъ баккичIебгIан заманалда жаниб Аллагьас ﷻ тавбуялъул нуцIа къаларо. Инсанасул pyxI мукъулукъалде щвезегІанги гьабураб тавбу къабуллъула.

КигIан гьитIинабги мунагьалдаса тавбу гьабизе ккола, хасго тавбу гьабизе ккола чIахIиял мунагьаздаса. Нилъеца тавбу нахъбахъун тани, тавбу гьабичIел мунагьал цIикIкIунелго цIикIкIунел рукIуна. Цинги ракIги беццлъула. Гьабураб тавбуялъ гьеб беццлъи, Аллагьасул ﷻ къуваталдалъун, нахъе уна. Гьединго квешлъи гьабунин абун лъикIал гIамалал гьаричIого тезе бегьуларо. Гьелги гьаризе ккола квешлъиялда данде чIезе рукIине.

ГьитIинал мунагьал кIодолъула гьел нилъеда гьитIиналлъун рихьани. «Муъминчиясда мунагь тІаде бегараб мегIергIадин бихьула, мунапикъасда - жиндирго мегІералда аскІосан боржун араб тIутIлъун бихьула», - ян буго хIадис.

ГьитIинал мунагьал кIодолъула гьел нилъеда гьитIиналлъун рихьани. «Муъминчиясда мунагь тІаде бегараб мегIергIадин бихьула, мунапикъасда - жиндирго мегІералда аскІосан боржун араб тIутIлъун бихьула», - ян буго хIадис.

ГьитIинабилан абун мунагь гьабизе бегьуларо. Нилъеда лъаларелъулха кинаб мунагьалда жаниб Аллагьасул ﷻ ццим бахъин бугебали. Нилъ, мунагьалъул гьитIинлъиялде балагьичIого, нилъеца амру тарав Аллагьасул ﷻ кIодолъиялде балагьизе ккола. Гьединго гьитIинаб мунагь кIодолъула тавбу гьабичIого теялдалъун. Жеги гьитIинаб мунагь кІодолъула гьеб гIемер такрарлъулеб бугони. ГIемер такрарлъулеб бугони, рекъолареб жо карагьалъиялде сверула, карагьатаб жо хIарамлъиялде сверула. Гьединго гьитIинаб мунагь кIодолъула, гьеб гьабиялдаса чIухIулел ва гьеб гIадамазда бицунеб бугони. Инсанасда мунагь гьабичIого тезе тIалъулебго гIадин, гьабураб мунагь гIадамаздаса бахчизеги тIадаб буго, жиндаги ТIадегIанав Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб ккараб мунагь батани. ГIадамазда хурхараб мунагь батани, гьелдаса гIадамал тIаса лъугьинаризе ккола. Гьел тIаса лъугьинаричIого Аллагьас ﷻ гьелдаса тавбу къабул гьабуларо.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...