Аслияб гьумералде

ХъахIаб ретIел

ХъахIаб ретIел

ХъахIаб ретIел

 

Къутайбат ибну СагIидица бицана Бишр ибну Муфаззалидасан, гьесги бицана ГIабдуллагь ибну ГIусман ибну Хусаймидасан, гьесги бицана СагIид ибну Жубайридасан ва гьесги ибну ГIабасидасан, Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца ретIе хъахIаб ретIел. Нужер чIагояз тIадчIей гьабе хъахIаб ратIлида ва гьединго хваралги жеме хъахIаб ратIлилъ. Нужер ратIлил гьеб бищун лъикIаб буго», - ян.

 

ХъахIаб ретIел ретIизе суннатаб буго. Гьелъ хъахIаб ретIел ретIизе лъикIаб буго малаикзаби рачIине рес бугеб бакIалда. Масала, рузман ва гIидалъул каказда, зикруялъул мажлисазда ва гь. ц.

Имам Бажурияс абуна хварал чагIи хъахIаб ратIлилъ жемиги суннатлъулин. Щай абуни, гьеб заман ккола малаикзабигун дандчIвалеб ва гьесие суннатлъула берцинаб ретIел ретIине.

МухIаммад ибну Башарица бицана ГIабдурахIман ибну Магьдиясдасан ва гьесги - Суфянидасан, гьесги - ХIабиб ибну Абу Сабитидасан ва гьесги - Маймун ибну Абу Шабибидасан ва гьесги - Самурат ибну Жундубидасан Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца хъахIаб ретIел ретIе. ХIакълъунго гьеб бацIцIадаб ва лъикIаб буго. Нужерго хваралги жеме гьелда жанир», - ян.

Цебесеб хIадисалъ хъахIаб ратIлил хиралъи гIилла гьечIого баян гьабун батани, гьаб хIадисалъ баян гьабуна гьеб ратIлилъ бацIцIалъи ва лъикIлъи бугилан.

Ибну ХIажар Гьайтамияс абуна хъахIаб ретIел кколин бацIцIалъиялъул кьер, гьелда жаниб гьечIин щибго чороклъиялъул гIаламат. Гьелъин кидаго хъахIаб кьералъ баян гьабулеб рацIцIалъи ва ритIухълъи.

Ибну ХIажар Гьайтамияс баян гьабуна муъминчиясе суннатлъулин гIидалъул къоялъ бищун багьаяб ретIел ретIине, хъахIаб батичIониги. Щайгурелъул гьеб къоялъул мурад кколин бищун лъикIаб ретIел ретIи.

ГIемерисел хIадисаз тIоритIел гьабула Аварагас ﷺ учузаб ва хъачIаб ретIел ретIунеб букIиналде. Гьелъ тIоритIел гьабула Аварагасул ﷺ дунял теялде (зугьдалде). Амма гьелъ тIоритIел гьабуларо Аварагас ﷺ киданиги багьаяб ретIел ретIичIин абиялде. Цо нухалъ гьесие багьаяб ретIел сайгъаталъе кьола ва цо нухалда ретIула.

Багьаяб ретIел ретIине гьукъун гьечIо, амма Аварагас ﷺ тIаса бищана учузаб, гIадатияб ретIел.

Кин батаниги нилъеца ретIулеб ретIел букIине ккола нилъ ругеб бакIалда машгьураб, гIадатияб ва шаргIалъ гьукъичIеб.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...