Аслияб гьумералде

ЧIухIана...

ЧIухIана...

Жакъа нилъеца рехсела инсан вижиялъул кIудияб балъголъиги, гьесул ракьалде гьабураб сапаралъул байбихьиги нилъее загьир гьабулеб аятазул цояб. Гьеб байбихьула ТIадегIанав Аллагьасулги ﷻ малаикзабазулги гара-чIвариялдасан. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго, Дица ракьалда тIад халиф гьавизе вуго», - ян. («Бакъарат», аят 30)

 

Аллагьасе ﷻ инсан халифлъун гьавизе бокьун букIин рагIидал, малаикзабаз абуна (магIна): «Ракьалда пасалъиги гьабулел биялги тIолел гIадамал рижизейищ ругел? Ниж руго Дуе тасбихIги реццги гьабулел ва Мун вацIцIадги гьавулел», - абун. («Бакъарат», аят 30)

Щай малаикзабаз гьедин абураб? Гьез кьураб суал чIухIиялдасан букIинчIо - Аллагьасул ﷻ хIукмуялда щаклъи букIинчIо гьезул. Гьез гьикъана щиб хIикматин бугеб гьелда жаниб. Щайгурелъул, гIадамаздаса цере ракьалда рукIун руго рагъулел, биял тIолел жинал. Жаваб гьабун Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Дида лъала нужеда лъалареб жо», - ян. («Бакъарат», аят 30)

Цинги Аллагьас ﷻ бихьизабуна инсанасул тIадегIанлъи. Гьес Адамида малъана кинабго жоялъул цIарал, малаикзабазда лъаларел жал. Жидеда лъаларин абун малаикзаби мукIурлъараб мехалда, Аллагьас ﷻ гьезде амру гьабуна Адамие сужуд гьабеян. Иблис хутIизегIан киналго малаикзаби къулана.

Иблис (унго-унгояб цIар ГIазазил) чIухIана. Гьелъ абуна: «Дун цIаялдаса гьавурав вуго, гьев хIарщул гьавурав вуго, дун гьесдаса лъикIав вуго», - ян. Гьелдаса хадуб Аллагьас ﷻ Адамги гьесул чIужуги Алжаналде рехана ва цо гъветI хутIизегIан кинабго жо гьезие хIалал гьабуна. Амма иблисалъ гьел гуккана. Гьеб Аллагьасдалъун гьедана гьениса кванани нуж малаикзабилъун лъугьунин абун. Адамида лъалеб букIинчIо гьа гьересияб букIине бегьулеблъи.

Гьелъие гIоло Аллагьас ﷻ гьезде амру гьабуна ракьалде рещтIаян, гьениб жидецаги наслабазги гIумру гьабизе, къиямасеб къо щвезегIан хIалбихьизе. Амма Аллагьас ﷻ Адамида тавбуялъул рагIабиги малъана, гьесул тавбуги къабул гьабуна, тIасаги лъугьана.

Адам авараг вижиялъул ва гьесие Алжаналда хIалбихьи гьабиялъул гьаб къисаялъулъ нилъее гIемерал дарсал руго. Гьелъ ракIалде щвезабулеб буго ракьалда Аллагьасул ﷻ халиф хIисабалда инсанасул бугеб тIадегIанаб даража; иблисалъул чIухIиялда дандеккун, Халикъасул ﷻ амруялда цебе гIодобегIанлъи малъула нилъеда; бихьизабула гIелму Аллагьасдасан ﷻ бугеб  бищун кIудияб сайгъат букIин; ракIалде щвезабула иблисалъул хиянатлъи ва гьелъул гуккиялъул къагIидаби; тавбу къабул гьабулев Аллагьасул гIурхъи гьечIеб рахIмат бихьизабула.

Гьединлъидал нилъер иман щула гьабеги, ракIбацIцIадго тавбу гьабиялде кантIизареги. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго мунагьаздаса тавбу гьабулел ва чорокаб жоялдаса рикIкIад чIолел муъминзаби рокьулевлъун», - ян. («Бакъарат», аят 222)

 

Ибрагьим ГIисаев, Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...